Аслияб гьумералде

Шамил имамасул васал

Шамил имамасул васал

(Байбихьи цебесеб номералда)

 

Жиндир чорхол сахлъи тIубан хьул къотIараб хIалалде ккейдал, Шамилица турказул султIан ГIабдулгIазизихъе кагъат хъвала жиндие ахирисеб нухалда рихьизе рокьарал, Россиялда гъоркьлъалие хутIарал васал ГъазимухIамадги МухIамадшапиги жиндихъе риччаян Россиялъул пача Александр КIиабилесда гьарейилан.

 

СултIанас гьеб гьари тIубаялъе Россиялъул посол, граф Н. Игнатьевасдасан бажарараб кумек гьабуна. Гьелдалъун Россиялъул пачаяс 1870 соналъул сентябралда  ГъазимухIамадие инсухъе щвезе ине 6 моцIил отпуск кьола. Амма гьес жиндир императорасулаб конвоялда хъулухъ гьабулеб бугилан багьанаги батун, МухIамадшапи кIудияв вацасда цадахъ гьеб сапаралъ виччачIо. ГъазимухIамадги инсуда вихьизеги хъван букIун гьечIо: пачаясул чукъбуз гIужда мурад тIубачIолъиялъги, нухда ккарал квалквалазги ГъазимухIамадида инсул берал къанщилалде тIаде щун бажаричIо. Эмен накълъулеб мехалъ гьев Маккаялда, Дагъистаналдаса хIажизабазда цадахъ, паризаяб хIеж борхулев вукIана. Гьеб хабарги гьесда гьениб лъана. Хъварал бакIазда буго ГъазимухIамадица цадахъ рукIарал хIажизабазда гьарун тIадкъанин: «Рокъоре щвараб мехалъ, гIадамазда абе дир инсудасан жаназаялъул как баян ва ракI-ракIалъго гьесда тIасаги лъугьаян. Дунги гIурус пачаясул асир вуго. Аллагьасда гьаре, дун гьеб асирлъиялдаса эркен гьаве», - ян.

Эменги ахираталде тIовитIун, дагьабго заман Мадинаялдаги бан, ГъазимухIамад Киевалде тIадвуссана. 1871 соналъул 4 декабралда ГъазимухIамад Одессаялдаса Стамбулалде унеб гамида, Турциялде ана. ТIокIав гьев Россиялде тIадвуссинчIо.

Дол соназда Турциялде гочарал мугьажиразул тIалабалдалъун ГъазимухIамад турказул армиялде лъугьана. 1877-1878 соназул Россиялъулгун Турциялъул рагъулъ гьев вукIана генераласул чиналда. Рагъ лъугIун хадуб гьесдаги турказул султIан ГIабдул-Мажидидаги гьоркьоб гьогьен ккола. Гьелъул хIасилалда, маршаласул цIар кьун букIаниги, рагъулаб хъулухъалдаса нахъеги вачун, султIанас ГъазимухIамад Мадинаялде витIула. Гьенив 1902 соналда ГъазимухIамад Аллагьасул къадаралде щола. Васияталда рекъон вукъун вуго БакъигIалъул хабалалъ, инсуда аскIов.

Шамил имамасул лъабабилев вас МухIамадшапи гьавуна 1839 (букIине бегьула 1840 сонги). 20 сон барав гьев вац ГъазимухIамадгун гъазаваталъул ахирисеблъун кколеб Гъуниб магIарда рагъулъги вукIана. Шамил имамасул вас кколев вукIаниги, хадув гьев хъулухъалда вукIана Россиялъул пачаясул аскаразулъ. Гьеб хъулухъалда МухIамадшапие щола шапакъатал: 1868 соналъул 30 августалда ГIазизай Аннал лъабабилеб даражаялъул орден; 1873 соналъул 30 августалда императорасулаб конвоялъул эскадроналъул 3-абилеб взводалъул командир хIисабалда, ГIазизав Станиславасул кIиабилеб даражаялъул орден; 1874 соналъул 19 февралалда Австро-Венгриялъул къираласухъан - лъабабилеб даражаялъул орден. 1876 соналъ МухIамадшапие щола полковникасул, 1885 соналда – генерал-майорасул тIадегIанаб рагъулаб чин.

ХIалхьиялде ун хадув МухIамадшапи гочуна Казаналде. Хъвалеб буго гьев гьелъул генерал-губернаторлъун вукIанинги. Россиялъул империялъул бусурбабазда гьоркьоб лъикIаб къадру букIана гьесул. Гьелъие нугIлъун рехсезе бегьула 1895 соналъул январалда Бухараялъул эмирас гьесие «Восходящая звезда» абураб тIоцебесеб даражаялъул орден кьей.

МухIамадшапи кIицIулго вуссана рукъалде. Гьесул тIоцеесей чIужу йикIана ЧIохъа наиб Инко-ХIажил яс Аминат. Гьелъие гьавурав ккола МухIамадзагьид. Аминат хун хадуй Казаналда гьес ячана татаразул купец Ибрагьим Апаковасул яс Биби-Марьям. Гьеб ригьнадаса рукIана кIиго яс: ПатIимат-Загьраги, Написатги.

МухIамадшапи хвана 1905 соналда, Кисловодскиялда. Гьенир бусурбабазул хабал гьечIелъул, вукъун вуго, гьениса 25-30 км. бугеб Карачаево-Черкесиялъул Первомайское росулъ, бусурбабазул хабалалъ.

Баян гьабилин гьадинаб хIужаги. Кисловодскиялда Аллагьасул къадаралде щварав МухIамадшапи абадияб рокъове тIовитIана гьесул дурц, яс Написатил бетIергьанчи Унсоколоса революционер, Дагъистаналъул вукIинесев рагъулав комиссар МахIач Дахадаевас.

Шамилил вукIана СагIид абун цIар бугев васги. Жеги каранда хахулев кIиго сон барав гьев АхIулгохIалъул (1839 сон) рагъда эбел Жавгьаратида цадахъ шагьидлъана. 

Имамасул вукIана Калугаялда гьавурав щуабилев вас - МухIамадкамил. Эмен Аллагьасул къадаралде щолеб сордо-къоялъ Мадинаялда гьесул къаданив васазул микьго сон барав гьев гурони вукIинчIо.

МухIамадкамилида гIагараб Дагъистан бихьичIо. ГIумру ана Россиялда, ГIарабиялда, Турциялда. Гьев вукIана турказул армиялъул генерал. Хвана ва вукъун вуго Истамбулалда. Гьесул СагIидбег абурав васги вукIана.

 

Ниязбег ГIабдулгъаниев,

Гумбет район, ЛъаратIа росу

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...