Аслияб гьумералде

ХӀинкъи-къай гьечӀев рагъухъан

ХӀинкъи-къай гьечӀев рагъухъан

Германиялъул Штутгарталдаса 50 километралъ рикӀкӀад бугеб Цоллернберг абураб магӀарда бахъун чIун буго Гогенцоллерназул кIудияб хъала – гьеб ккола гӀемерал соназ Германиялда ханлъи гьабулеб букӀараб тухумалъул. Гьеб хъизамалъул бищун машгьурал вакилзабазул цояв, император Вильгельм КIиабилев, цо нухалъ щун вукӀана Дамаскъалде, СалахӀудин Аюбил хабаде...

 

1888 соналда Германиялъул ханлъуде вачIана Вильгельм КIиабилев. Дунялалъул ТӀоцебесеб рагъ байбихьиялъе гӀайиб бугезул цоявлъун гьев гӀемер рехсола. Цоги рахъалдасан балагьани, тӀубарал империял жиндирго чIунтелазда гъоркь рукъараб гьеб балагь, хъизамалда гьоркьоб ккараб гӀадатияб дагӀба-рагӀилъун гIадин бихьулеб батизеги бегьула.

Щайгурелъул, цо рахъалъан, Германиялъул император Вильгельм КIиабилев вукӀана Британиялъул къирал Викториялъул васасул вас; цогидаб рахъалда, 1910 соналда Британиялъул ханлъун вахъарав гьелъул цоги васазул вас Георгий V; ва, ахиралдаги, Россиялъул империялъул хан, живги вукӀарав (эбелалъул рахъалдасан) цевехун рехсарав Георгий V-лесул вацгIал.

Щай Англия, Германия ва Россия цоцалъ рагъизе ккарал, гьезул нухмалъулел цоцазе гӀагарал чагӀиги рукӀаго? Гьезда кӀвелаан къаси кваназе гӀодорги чӀун, цо пикруялде рачӀине. Амма гьеб ккола дагьабго бигьалъизабураб бербалагьи ва цояб рахъ. Гьеб гуребги, хваразе гьеб суал кьезе гьанже бажариларо, гьелде тIадеги, нилъеца жакъа рагъул бицунебги гьечӀо. Нилъеца бицунеб буго немцазул кайзер СалахӀудин Аюбил хабаде кин ккаравали.

1898 соналъул 25 октябралдаса 12 ноябралде щвезегӀан император Вильгельм КIиабилев вукӀана ГӀусманияб империялда. Гьев вукIана Германиялъул къватӀисел ишазул министерствоялъул гӀолохъанав хъулухъчи. ВукӀинесев император Вильгельмида бихьулеб букӀана Англиялъе ва Франциялъе жидерго къватӀисел улкабазул ракьаздаса щолеб букӀараб пайдаялъул ва гьеб колониалияб къецалда нахъе ккеялъ Германиялъе кIудияб зарал гьабулеб букӀин. Жиндирго ракӀалдещвеязда мукӀурлъулев вукӀахъе, гьесда кӀвечӀо гьел пикраби империялъул нухмалъулезухъе щвезаризе, гьезда ричIчIизаризе. Амма жинцаго пачалихъалъе бетӀерлъи гьабурабго, гьес байбихьана гьел мурадал кIудияб жигаралдалъун гӀумруялде рахъинаризе.

Ва гьедин гьес кӀвар буссинабуна «Европаялъул унтарав чиясде» – тIерхьун унеб бакъ гIадин букӀараб ГӀусманияб империялде. Константинополалде гьабураб сапаралъул мурад букӀана жиндирго провинциязда тӀад контроль лъугӀулеб букӀараб ГӀусманияб империялда Германиялъул политикиял ва экономикияб интересал щула гьари ва Германиялъул хӀукуматалъул колониалияб экспансия цӀикӀкӀинабиялъе квербакъи гьаби.

Вильгельм КIиабилесда ва гьесул гӀемераб къокъаялда дандчӀвай гьабуна пачаясда гIадин. Гьев щвана Константинополалде, Иерусалималде ва ахиралда Дамаскъалде, машгьурав рагъухъан, пачалихъияв хӀаракатчи, бусурбабазул ракьал данде ракӀарулев СалахӀудин Аюбил хабаде.

1898 соналъул 8 ноябралда хъанчилазда данде балагьлъун вукIарасул хабада кӀалъалаго, немцазул кайзерас абуна СалахӀудин Аюби кколин киналго заманабазул бищунго къадруял хӀакимзабазул цояв, кӀудияв султӀан, хӀинкъи гьечӀев бахIарчи», - абун. Хадубги абуна: «Биччанте султӀанасда ва гьесул адаб гьабулел бусурбабазул ракӀ чӀун букIине Германиялъул император кидаго гьезул гьудуллъун вукӀине вугеблъи», - ян.

ГӀусманияб империялде гьабураб сапаралъ Германиялъул кайзерасул рекIее кIудияб асар гьабуна. Бицуна, Константинополалде щун хадуб, гьес Николай КIиабилесухъе хъван букӀанин: «Дун гьениве тӀубанго дин гьечӀого щваравани, хӀакъикъаталдаги дун бусурбанчилъун вахъинаан», - ян.

Гьесул къисмат бигьаяблъун ккечIо. Дунялалъул ТӀоцебесеб рагъде лъугьине Германияги гьусун, рагъда бергьенлъи босизеги кIвечӀого, кайзерасул тахбакӀалдаса махӀрумлъана ва Нидерландиялде лъутизе ккана. Гьенив хвана 1941 соналъул 4 июналда.

Гьесда кӀвечӀо СалахӀудин Аюбиясул къисмат такрар гьабизе, кигӀан гьесул кӀалдисан хъанчилазул балагь абун живго веццарал рагIаби рачIун рукIун ратаниги.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Лъимал цIуниялъул къоялде

Халкъазда гьоркьосеб лъималазул къо кӀодо гьабун, Каспийск шагьаралда тӀобитӀана «ЦӀуниялда бугеб лъимерлъиялъул канлъи» абураб рахӀмуялъул хъизаналъулаб рекӀин. Гьеб кӀудияб ва унго-унголъунги ракӀ хинлъизабулеб тадбиралда гӀахьаллъана I500-ялдаса цӀикӀкӀун чи — лъимал ва гьезул эбел-эмен. Байрам...


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...