Аслияб гьумералде

Сафия бинт ХӀуяйя

Сафия бинт ХӀуяйя

Сафия гьаюна ва гӀуна Мадинаялъул жугьутӀазда гьоркьой. МухӀаммад аварагасул ﷺ йикӀинесей чӀужуялъул тухум букӀана Муса аварагасул вац Гьарун аварагасул наслуялъул чагӀи. ЯгIкъуб аварагасулги цӀар буго гьезул умумузда гъорлъ. Гьелъул эмен вукӀана Мадинаялда гӀумру гьабулеб букӀараб Бану Назир абураб жугьутӀазул къавмалъул церехъабазул цояв. Гьесда цӀар букӀана ХӀуяю ибн Ахтаб. Гьелъул эбел йикӀана Бану Къурайзат абураб жугьутӀазул къавмалъул Самуилил яс Барра.

 

Аварагас ﷺ гьижра гьабулеб мехалъ, Сафия жеги цӀакъ гьитӀинай яс йикӀана. Гьей рикӀкӀад гьаюна жамгӀияталъул лъугьа-бахъиназдаса, амма гьелдацин бичӀчӀулаан Аллагьасул Расуласдехун инсул бербалагьи. Гьелъул эмен вукӀана бищунго кутакаб къагӀидаялъ Аварагасда ﷺ данде чӀаразул цояв, исламалде ва гьелъул рахъкколезде гӀорхъолъа араб рокьукълъигун тушманлъи загьир гьабулевлъунги.

ГӀажаиблъизе ккараб жо, гьесда мухIканго лъалаан МухӀаммад ﷺ унго-унгояв авараг вукӀин, жугьутӀазул хъвай-хъвагӀаязда ахирисев Аварагасул ﷺ гӀаламатал рицун рукӀиналъ. Амма, доб заманалда рукӀарал гӀемерал цогидал китабиялго гӀадин, гьесги гIорхъолъа ун инкар гьабуна гьев авараг вукIиналъе мукӀурлъизе.

Сафияда цо нухалъ рагӀана жиндирго имгӀал Абу Ясиридаги инсудаги гьоркьоб букӀараб гара-чӀвари. Абу Ясирица гьикъана: «Гьевищ гъов?» Сафиял инсуца жаваб кьуна: «У, АллагьасхIаги», - ян. Цинги имгӀалас нахъеги гьикъана: «Дуда бичӀчӀанищ гьев авараг вукӀин? Дуда гьеб тасдикъ гьабизе кIолищ?» - ян. КIолин жаваб кьуна гьес. Дур гьесдехун кинаб гьоркьоблъи букIине бугебиланги абун, тIаса вичIулев вукIинчIо Абу Ясир. Сафиял инсуца жаваб кьуна, жив чӀаго вугебгӀан мехалъ, тушманлъи гьабизе бугилан.

Мадинаялъул бусурбабаздаги жугьутӀаздаги гьоркьоб багъарана кьал. Гьелъие гIиллалъунги букIана жугьутӀазулгун гьабураб къотӀи-къай гьез жидецаго хвезаби. Аллагьасул Аварагас ﷺ Бану Назир абураб къавм Мадинаялдаса нахъе гъуна. Сафиял эменги, жиндирго хъизан-агьлугун, цогидал къавмалъул чагӀигун цадахъ лъутун ана Хайбаралде, жалго руссине бакӀ балагьун. Амма гьенисаги жугьутӀазул хиянатчагӀи бусурбабазде данде питна гьабичIого чIечIо.

Гьеб заманалда Сафиял инсуца цогидал къавмазулгун къотӀи-къаялги гьарун, бусурбабазе зарал гьабизе рес бугебщинаб нух балагьулеб букӀана. Аллагьасул Расуласда ﷺ лъана гьесда ракIалда бугеб ва Хайбаралде ана аскаргун. Хайбаралъул гӀадамал рукӀана къуваталдалъун цIар бугел, рагъуе лъикӀ хӀадурарал чагIи. Жидерго бакIал щула гьарулел рукӀана гьез. Гьедин чанго рагъ ккана бусурбабаздаги жугьутӀазул къавмаздаги гьоркьоб.

Ахир-къадги ТӀадегӀанав Аллагьас бусурбабазе бергьенлъи кьуна, Хайбар бахъана. Гьеб рагъда чIвана гӀемерал жугьтӀал, гьезда гьоркьор рукӀана Сафиял эмен ва гьелъул рос Кинана. Асир гьаруразда гьоркьор рукӀана Сафияги гьелъул яцгIалги.

АсхӀаб ДихӀя ал-Калбица Аварагасда ﷺ гьарана асир гьарурал руччабазул цояй жиндие кьейилан. Авараг ﷺ разилъана ва гьес тӀаса йищана Сафия. Гьеб заманалда пуланав чияс Аллагьасул Расуласда ﷺ абуна: «Я Аллагьасул Авараг, гьей йиго бану Къурайзатил тухумалъул бетIерасул яс Сафия, гьесие гьей данде кколаро, дуего яче», - ян. Гьеб гIакълу Аварагас ﷺ къабул гьабуна ва ДихӀятида абуна дуего цогидай тӀаса йищеян.

Аллагьасул аварагас ﷺ Сафияда цебе лъуна кӀиго нух: исламги къабул гьабун жиндир лъадилъун яхъин яги жиндирго диналда хутӀизе ва тӀадюссине. Сафияца жаваб кьуна: «Дуца дие ихтияр кьуна куфруялдаги ислам къабул гьабиялдаги гьоркьоб тӀаса бищизе рес, амма Аллагьги Гьесул Расулги ﷺ цӀикӀкӀун рокьила эркенлъиялдасаги дирго халкъалде тӀадюссиналдасаги», - ян.

Гьедин Сафия ракӀбацӀцӀадго божана БетӀергьанасда ва Гьесул Аварагасда ﷺ. Аварагас ﷺ гьей эркен гьаюна, гьеб лъугьана гьелъул магьарилъунги.

Бицуна гьелъул исламалдехун рокьи бижун букӀанин анцӀила кӀиго сон баралдасаго. Амма гьелъ жиндирго пикраби рахчизе ккана, инсулги гӀагарлъиялъулги Аварагасдехун ﷺ бугеб рокьукъаб бербалагьи лъан.

Аллагьасул Расуласе ﷺ росасе унеб мехалъ гьелъул букӀана анцӀила анкьго сон. Гьей лъалаан Умму ЯхӀя абураб цIаралдалъунги.

Цогидаздаса гьей ятIа яхъулаан жиндирго динияб рахъалъги. Цо къоялъ Аварагзабазул Мугьрулъун кколесда йихьана Сафияца чанго азарго пурчIун рикIкIине хӀалтӀизабун, ТӀадегӀанав рехсолелъул. Гьелдаса хадуб гьес абуна: «Дида кӀола дуда бищунго лъикӀаб гӀибадат малъизе», - ян. Цинги гьес амру гьабуна: «Дуца Абе: «БетӀергьанасе рецц буго гьес бижараб жоялъул къадаралда рекъон», - ян (Тирмизи).

Сафия бинт ХӀуяйя ятIа яхъулаан сахаватлъиялдалъунги. Гьелъ жиндирго гӀарац мискинзабазул хӀажалъабазе харж гьаби гуребги, чӀаго йикӀаго, Аллагьасул нухда жиндирго минаги кьуна гьелъ.

 

ХIамид МухIаммадов

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Авараг ﷺ кинав вукIарав…

Нилъеца гьаб дунялалда гьабуралъул ахираталде босулелдасан буго гьабураб гIамал. Гьелъ, МухIаммад аварагасул ﷺ умматалдаса нилъги гьарун ругелъул, щивас пикру гьабуни рекъараб буго Аварагасул ﷺ гIамалалда релълъараб чан гIамалдай дица гьабулебин абураб жо. ХIадисалда буго инсанасул жаназа нухда...