Аслияб гьумералде

Шамил имамасул васал

Шамил имамасул васал

Шамил имамасул васал

Дунгоги тарихчи вугелъул, имам Шамилги умумузул гьобол ва божарав чи вукIиналъги (нижер КIудияв ГIабдулгъани гьесул хазиначи вукIана, имамасул хIажаталъе тункIил ххер хIадурулеб цо рукъги гьесул минаялъуб букIана) имамасул гIумруги, къеркьейги, къисматги, хъизанги тарихалдасан лъала.

БатIи-батIиял руччабаздасан имам Шамилил рукIана 10 лъимер – щуго васги, щуго ясги. ПатIиматидасан рукIана лъабго вас: Жамалудин, ГъазимухIамад, МухIамадшапи ва кIиго яс: Написатги ПатIиматги. Жавгьаратидасан вукIана имамасул ункъабилев вас СагIид. Шайих Жамалудинил яс Загьидатил рахъалдасан Шамилил рукIана кIиго яс: Нажабатги, Бахумеседоги ва вас МухIамадкамилги. Имамас ячун йикIана Моздокалдаса эрменияв, базарган Иван Урухановасул асирлъуде ккарай яс ШугIайнат (Анна). Гьелъие гьаюрай ккола Сапият. Имамасул рукIана жеги цоги руччаби, амма шаригIаталъул тIалабалда рекъон, цого заманалда ункъоялдаса цIикIкIун киданиги рукIинчIо.

Шамилил кIудияв вас Жамалудин гьавуна 1831 соналъул июналда, Генуб росулъ. АхIулгохIда рагъ ккараб 1839 соналъул августалда пачаясул генерал П. Граббеца тIалаб гьавун, аманат хIисабалда (гъоркьлъалие), гIурусазухъе кьун вукIана. Санкт-Петербургалда 10 соналъ (1839-1849) цIалана кадетазул ТIоцебесеб корпусалда. Хадусеб щуго соналъ Россиялъул резервнияб полкалда хъулухъ гьабуна. Гьес лъазаруна гIурус, паранг, немец мацIалги. 1855 соналъул 10 марталда Жамалудин инсухъе тIадвуссинавуна. Гьелъухъ, гьабураб къотIиялда рекъон, Шамилица гуржиял - княгиняби А. Чавчавадзел ва В. Орбелианил хъизанал асирлъудаса эркенги гьаруна. Жамалудиница ячун йикIана чачаназул наиб Шалиялдаса ТIалхикъил яс.

ГIумруялъул 25 сонил ригьалда Жамалудин каранзул унитиялъ унтана. Имамасда цIакъ рагIана васасул хIал. Гьес гъоркьлъалие 3 муридги тун, унтарасухъ балагьизе вачун вукIана тохтур С. Пиотровский. Вас сахлъичIо. 27 сон барав Жамалудин хвана 1858 соналъул 28 июналда, ГIахьвахъ районалъул КIаратIа росулъ. Гьенив вукъунги вуго.

Жамалудин рази вукIинчIо инсул халат бахъараб гъазаваталъулаб рагъдаса. ГIурус армиялъул бутIрузеги бокьун букIана гьев гьоркьов ккун Шамил рагъ къотIизе теялде ахIизе. Амма имам Россиялъулгун ракълиде вачIунев вукIинчIо. 1856 соналъул 12 сентябралда барон НикIалайихъе хъвараб кагътида Жамалудиница хъвалеб буго: «Отец никаким образом не склоняется к миру; он говорит, что: «Несколько раз его обманули русские и теперь сделают то же…»

Шамилил 1833 соналъ гьавурав, Дагъистаналъул тIоцевесев имамасул хIурматалда цIар лъурав ГъазимухIамад гъазаваталъул рахъги ккун, инсул ишазулъги, рагъазулъги кваранаб кверлъун вукIана. 6 сон барав гьев 1839 соналда АхIулгохIалъул рагъдаги вукIана.

Рехсезе ккола гьадинаб кIвар бугеб хIужаги. 7-8 сон барав ГъазимухIамад, имам захIматго унтиялдалъун ахIараб «пачалихъияб» советалъул хIукмуялдалъун, лъазабун букIана Шамилида хадусев, Имамат пачалихъалъул бетIерлъун. Гьев балугълъуде вахинегIан, нагагь имам къадаралде щвани, гьеб ишалъе вихьизавун вукIана КIаратIаса ГъалбацIдибир.

1850 соналда 17 сон барав ГъазимухIамад КIаратIа наиблъун тун вукIана. ГъазимухIамадил лъикIаб къадру-къимат букIана гьеб заманалдаго. Сверухъ ругел ракьазул анлъго наибас Шамилидаса изну босун букIана жамгIиял ва рагъулал ишазул суалал гьесда дандразеги.

Шамилил аскараз 1854 соналда Кахетиялде гьарурал гьужумазда ГъазимухIамад вукIана 7 азарго чи вугеб рекIаразул боялъул бетIерлъун. Имамасул вас Жамалудинихъ хисарал гуржиязул княгиняби гьес Цинандалиялда асирлъуде росарал рукIана.

1859 соналъ ГъазимухIамадица цIунана чачаназул Ведено росулъ букIараб имамасул штаб. Гьебго соналъ Гъуниб магIарда гIурусазулгун ккараб Шамилил ахирисеб рагъулъги гIахьаллъи гьабуна гьес.

ГъазимухIамадил тIоцеесей чIужу йикIана Каримат. Гьелда «Кавказалъул розайилан» абулаан. Хвана Калугаялда. Юкъун йиго Генуй. КIиабилей чIужу йикIана ХIабибат. Лъималазул рехсей гьечIо.

(Хадусеб букIине буго)

Ниязбег ГIабдулгъаниев, Гумбет район, ЛъаратIа росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....