Аслияб гьумералде

Наиб ГъазимухIаммад

Наиб ГъазимухIаммад

Наиб ГъазимухIаммад

ГъазимухIаммад ккола Шамил имамасул кIиабилев вас. Гьесул эбел ккола ПатIимат. 1833 соналъ ГъазимухIаммад имам накълулъун анлъго моцIиде гьавурав васасда имамасул цIар лъуна Шамилица. 1839 соналъ АхIулгохIда имам Шамил вукIаго гьев васасул букIана анлъго сон. Имам чанго нухалъ вахъанин хъвалеб буго МухIаммадтIагьир Къарахъияс, АхIулгохIда гIарадабазул гуллил цIад балеб бугеб, рагьараб бакIалде, цадахъ вас ГъазимухIаммадги вачун, хвел тIаса бищун.

 

 АхIулгохIда чIезе рес гьечIеб бакIалде ккун, нахъе унелъул имамас гьев мугъзада ваччун вукIана гIарададул кесек щун лъимадул бох лъукъун букIиналъ. ГъазимухIаммад мугъзада вукIаго имам кIанцIана ГIанди гIоралда тIасан.

Жеги гьитIинго вукIаго байбихьана имамасул васас гъазаватазда гIахьаллъи гьабизе. 1850 соналъ гIолохъанав ГъазимухIаммад тана КIаратIа мухъалъул наиблъун. Наибасул хIалтIи берцинго ва лъикI бачунеб букIиналъ гьезда аскIор ругел наибзабаз гьарана имамасда ГъазимухIаммадгун хIалтIизе, гьабулеб хIалтIи гьесда дандбан гьабизе бегьиларищин, мунги рикIкIад вугеб мехалда. 

1853-1856 соназ Кахетиялде гьабураб гъазаваталдалъун лъикIаб машгьурлъи щвана ГъазимухIаммадие. ГъазимухIаммадил бетIерлъиялда гъоркь, кIиазаргогIанасев чи вугеб боялъ, гуржиязул чанго росулъе чабхъенги гьабуна.  Гьеб чабхъеналъул хIасилалда асир гьавуна 900-гIанасев чи. Гьезда гьоркьор рукIана гиназ Чавчавадзел хъизамалъул агьлу, гьесул къайицадахъай ва ункъо лъимер. Гьезухъ хисун нахъе щвана имамасул гьитIинав вас Жамалудин, АхIулгохIда пачаясулазухъе аманаталъе кьун вукIарав.

ГъазимухIаммадил бергьараб гьунар букIана щивав чиясулгун лъикIаб гьоркьоблъи батизе. Гьес ратIа гьарулароан бечедавин, мискинавин абун инсан.

1859 соналъул ихдал ГъазимухIаммадица бетIерлъи гьабулеб букIана имаматалъул тахшагьар Ведено щула гьабиялъеги. Гьелъие къуват гIечIолъиялда бан, тIадвуссана Дагъистаналде. Гьебго соналъул хаслихъе Гъуниб мегIер цIунунги вукIана ГъазимухIаммад, имамгун цадахъ. Пачаясулгун рекъел гьабун хадуб, эменгун цадахъ ана Калугаялдеги.

Макка-ХIарамалъул ракьалде имам Шамилгун цадахъ ине ихтияр циндаго швечIо ГъазимухIаммадие. Гьеб щун хадуб индал, имам Шамилие Аллгьасул къадар щун батана гьесда. Хабаде зияратги гьабун, тIадги вуссана. Цинги пачаяс гьесие ихтияр кьуна Россия бахун къватIиве ине. Гьедин ана Турциялде. Гьезул шагь ГIабдулмажидица пашаясул чинги кьун, хIалтIудеги восана. Турказул къираласул жидедаго жанир рукIарал ричIчIуларел рагъа-рашариязде гьоркьове ккун, гьез тIубанго нахъе витIун щвана Мадинаялде. 1902 соналъ Аллагьасул къадар щун, Мадинаялда вукъана ГъазимухIаммад.

Имам Шамилил гъазаватазе ва цогидалги имаматалъул хIалтIабазе кIудияб кумек букIана ГъазимухIаммадил. Имамас гьесде божилъи гьабун толаан кIвар бугел ишал. Гьединлъидалги батила, мунапикъзабигун хIасадчагIаз, Шамилица гьев имамлъун тезе къачIалев вугинги абун, кьучI гьечIел харбал риччанги рахIат толеб букIинчIеб. ХIатта цо данделъиялда гьединаб бадибчIвай гьабурабги ккун буго лъугьа-бахъин.

ГъазимухIаммадие Истамбулалда вукIаго гьаюрай яс Эмире-Нафисат 15 сонил гIумруялда рукъалде кьун йиго гьеб заманалда Мадинаялда вукIарав эмир Шхапли ГIусман Фарид абурав пашаясе. Гьелъие гьабураб 11 лъимадул хIакъикъат лъалеб гьечIо. ТIокIал лъимал ГъазимухIаммадилги рукIун гьечIо.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...