Аслияб гьумералде

Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ﷺ ирсилазул цояв

Аварагасул ирслъун жиб кколеб гIелму тIалаб гьабидал, Къуръан рекIехъе лъазабидал, нус-нус тIехь цIалидал, вукIунищха гьев чи Аварагасул ирс босаравлъун? Аварагасул ирс босаравлъун вукIине ккани, гьеб киналдаго цадахъ хирияв Аварагасул тIабигIатал лъазарун ва жинцагоги гьездаса мисал босун вугони гурони гьев ирс босаравлъун вукIунаро. Гьел тIабигIаталги гьесие щолел гьечIо жиндирго квешал тIабигIатал рекIелъа рацIцIинчIого.

 

Мисалалъе, гIелмуги цIалун живго лъикIавлъун вихьи, рияалъе гIамал гьаби, чIухIи, хIасад, гIадамал жиндего хIажаталлъун рукIине бокьи, дунял тIалаб гьаби, хвезе вукIин кIочон тей, хьул халалъи ва гьел гурел цогидалги хIалал.

Гьел хIалал, унтаби живго лъугьун чиясда рекIелъа лъугIизаризе кIолел гьечIо, унтаби сах гьарулев тIабиб кквечIого ва гьес малъараб гьабулеб гьечIони. Аварагасул ﷺ ирсилал ккола гьел унтабаздаса ракIалги рацIцIалъарал, Аварагасул ﷺ тIабигIаталги жидерго тIабигIаталлъун ккурал, загьираб гIелмуялда цадахъ Аллагьас истикъаматги кьурал, Аварагасда ﷺ жидер силсилатги хурхарал, гьесдаса бачIунеб гIелму гIадамазда малъизе изнуги щварал чагIи.

Аварагасул ﷺ ирсилаллъун кколел устарзабазул кьерда вугев, халкъ битIараб нухда тIобитIулевлъун вукIана Закаталаялда гIумру гьабун вукIарав ГIабдулмутIалибил вас ГIабдулгъанийи-афанди. Гьев гьавуна ЛъаратIа районалъул ГIицIда росулъ, 1924 соналъ. Эбел Загьратгун цадахъ, гьитIинго гьев ккун вуго ЦIоралде ва гьелго гIадин бетIербахъиялъ рачIарал гьебго росулъа чагIазул ясги ячун, Закаталаялда вукIана гIумру гьабун. Шазалияб тIарикъаталъе гьесие изну кьун буго Инхоса ГIабдулхIамид-афандияс, 1973 соналда. КIигоял рукIанин Инхоса КIудиявгун абун бицана ЧIар росулъ гIумру гьабун вукIарав мурид Абумуслимил МухIаммад-хIажияс - цояв Инхоса КIудиясул ясалъул вас, цогидав - Хунзахъ районалъул Хъаладухъ гIумру гьабун вукIарав гIалим ХIусенил МухIаммад. Жиндаса мустахIикъал гьел ругин абидал, Инхоса КIудияс абурабила, гьал гIадамал Дагъистаналде тIамичIого, дуцаго малъеян.

 

(Хадусеб букIине буго)

 

МухIаммад Агълабов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...