Аслияб гьумералде

ХIикматаб сордо

ХIикматаб сордо

ХIикматаб сордо

ГIагарлъулеб буго Исраъгун МигIражалъул сордо. Гьеб сордоялъ ккарал гIажаибал лъугьа-бахъиназул чангояб рехсела.

 

Малаикзабаз Аварагасул ﷺ керен хъвалхьи ва ракI чури

Цо-цо баяназда буго гьеб гьабулелъул ЖабрагIил, МикагIил ва Исрафил малаикзаби рукIанин. КагIбаялда аскIов кьижарав Аварагасухъе ﷺ рачIана гьел, ва аскIор рукIаразда халлъиларедухъ, гьевги вачун ана. Зам-замалъул лъеда аскIоб ЖабрагIил малаикас, щибго унти лъачIого ва биги бачIинчIого гьесул ﷺ керен рагьана ва гьениса бахъун ракI лъабго нухалъ чурана. Цинги иманалъгун цIодорлъи-гIакъиллъиялъ цIезабуна ва авараглъиялъул мугьруги чIвана. Хадуб букIараб бакIалда лъун керенги букIахъе данде бачун къана, ракIги хIалтIизе лъугьана.

 

Масжидул Акъсаялде щвей

Гьеб сордоялъ Аварагасухъе ﷺ бачун бачIана Алжаналдаса Буракъ абураб цIаралъул хIайван. Гьеб букIана халатаб, хъахIаб, хIамаялдаса борхатаб, гIорцIеналдаса къокъаб хIайван. Гьелъ, бералда цебе бихьулеб манзил, лахIзаталда жаниб нахъа толеб букIана. Гьелдаги рекIун Маккаялдаса Авараг ﷺ Иерусалималда бугеб Масжидул Акъсаялде щвана.

 

Ункъо бакIалда лъалхъи

Иерусалималде щвезегIан Аварагас ﷺ лъалхъи гьабуна: Мадинаялда, Мадян абураб бакIалда бугеб Муса аварагасулин абулеб гъветIалда аскIоб, Аллагьасгун ﷻ Муса аварагас кIалъай гьабураб ТIура Сайнаъ абураб магIарда ва ГIиса авараг гьавураб бакIалда. Гьел бакIазда лъалхъи гьабун Аварагас ﷺ кIиго ракагIат какилги бана.

 

Киналго аварагзабазгун как бай

Масжидул Акъсаялда аскIове щведал, цогидал аварагзабаз хIайванал рухьараб бакIалда букIараб горалда Аварагасги ﷺ Буракъ бухьана, цинги мажгиталде лъугьана. Аллагьасул ﷻ амруялдалъун гьенир данделъун рукIана киналниги аварагзабигун расулзаби. Гьенир гIахьаллъаразе имамлъи гьабун Аварагас ﷺ кIиго ракагIаталъул какги бана.

Нуралдаса мали

Мажгиталда какги бан Авараг ﷺ къватIиве вахъана. Цинги зодоса гIодобе бачIана илагьияб нуралъул мали, гьелдеги вахун Авараг ﷺ зодове вахана.

 

Аварагзабигун дандчIвай

Гьедин тIаде вахун Авараг ﷺ анкьабго зодове щвана ва микьго авараггун дандги чIвана. ТIоцебесеб зодов ватана Адам авараг, гьес Аварагасе ﷺ салам кьуна ва жиндие цIоб-баракат гьарейин БетIергьанасдайин гьарана. КIиабилеб зодов ГIиса ва ЯхIя аварагзабигун данделъана, лъабабилелда Юсуфгун, ункъабилелда Идрисгун, щуабилелда Гьарунгун, анлъабилелда Мусагун, анкьабилелда Ибрагьимгун, жидеда Аллагьасул ﷻ свалат-салам лъеял.

 

ЖабрагIилгун ватIалъи

Гьеб сордоялъ Аварагасе ﷺ нухмалъи гьабулевлъун вукIана ЖабрагIил малаик. Амма Сидартул мунтагьа абураб бакIалде щведал, ЖабрагIил малаикас абуна: «Гьаниб дир макъам лъугIана. Я Аллагьасул ﷻ вокьулев! Цоги гали дица цебехун босани, дун вухIула», - ян. Гьеб кколеб буго рахине кIолел бакIазул бищун тIадегIанаб, гьениса церехун ине цониги малаикасдацин кIолеб гьечIо.

 

БетIергьангун ﷻ дандчIвай

Гьеб бакIалда ЖабрагIил малаикги тун, Авараг ﷺ цевехун ана. Цинги, киналниги пардавалги рагьун, Аварагасда ﷺ гIемерал кIуди-кIудиял илагьиял балъголъаби, гIаламатал рихьана. Щибго пардав цебе гьечIого Аварагасда ﷺ Аллагь ﷻ, Гьесул ﷻ кIодолъи, хIалкIвей, тIадегIанлъи бихьана. Цинги Аллагь ﷻ Аварагасдехун ﷺ гьоркьов чи гьечIого адаб-хIурматалда кIалъана.

 

Как парзлъун гьаби

Гьеб сордоялъ умматалъе парзлъун гьабуна къойил щуго как бай. ТIоцебе 50 как бай тIад гьабун букIана, хадуб Муса аварагасул малъа-хъваялдалъун Аварагас ﷺ гьарун Аллагьас ﷻ гьеб щугоялде щвезегIан дагь гьабуна. Как парзлъун гьаби гуребги, гьеб сордоялъ Аллагьас ﷻ лъугIизабуна «Бакъарат» сура рещтIин ва МухIаммадил ﷺ умматалдаса гIадамазул гьабулеб гIамалалъулъ ширк гьабиялде ккечIезе чIахIиял мунагьал чуриги кьуна.

 

ЛахIзаталда жаниб кинабго лъугьин

Исраъ ва МигIражалъул бицунаго, Аварагас ﷺ кIвар буссинабулаан гьеб кинабго лъугьанин лахIзаталда жанибин абун. Авараг ﷺ къватIиве вачине ЖабрагIил малаик вачIиндал, гьев тункун вуго аскIоб букIараб лъел цIураб гулгуналда. Гьеб кинабгоги лъугьун тIадвуссун щведал, Авараг ﷺ нахърегIун вуго бегун унеб букIараб гулгун кквезе.

Гьанир рехсарал гурелги Аварагасда ﷺ гIемер батIи-батIиял жал рихьана гьеб сордоялъ. МухIканго баян гьабун бихьизабуна Алжан, жужахI, ахир къиямасеб къоялъ лъугьине бугеб, зобал-ракьазулъ бугеб, гьениб лъугьунеб кинабго.

Аллагьас ﷻ киналго гьареги гьал хириял моцIал Гьев ﷻ разияб гIамалалда тIамулеллъун ва хирияв Аварагасул ﷺ нух ккурал, гьесул ﷺ шафагIат щолездасан. Амин!

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...