Аслияб гьумералде

ДугIаялъе жаваб

ДугIаялъе жаваб

Хирияб Къуръаналда буго: «Дида гьаре, Дица жаваб гьабила», - ян. БетIергьанас нилъ ахIулел руго нилъерго гIажизлиялъе ва Аллагьасул къудраталъе мукIурлъун Жинде гьариялде. Гьелъул аслияб шартIги буго ракI-ракIалъ гьари ва хIалалаб квен букIин.

Цогидал шартIалги руго, кинниги гьаб кIиябго бищунго кIвар бугеблъун ккола. Гьеб амруялда нахърилълъун нилъеца хIаракат бахъула гIемер дугIа гьабизе. Гьелдаго цадахъ нилъер кIудияб божиги букIуна жаваб гьабилин абун. Жаваб щвечIин, дир дугIа къабуллъуларин абураб пашманлъиги камуларо нилъелъ.

Цо къоялъ нухдаса унев Адгьамил Ибрагьимида сверун руссун, жамагIаталъул цо къокъаялъ абун буго гьесда: «Я Аба-ИсхIакъ! Нижеца ТIадегIанав Аллагьасда гьарула, жаваб гьабуларо», - ян. Гьезие бокьун буго гьесдасан лъазе жаваб гьабунгутIиялъе гIилла. Гьес жаваб гьабун буго гьадин: «Нужер ракIал хун руго анцIго жоялдалъун. ТIоцебесеб – нужеда Аллагь лъала, амма Досул амру тIубазе гьабулеб гьечIо; кIиабилеб – нужеца абула нижее Авараг вокьулин, амма гьесул суннат нужеца тун буго; лъабабилеб – нужеца Къуръан цIалула, амма гьелда гIамал гьабуларо; ункъабилеб – нужеца ТIадегIанав Аллагьасул нигIматал кванала, щукру гьабуларо; щуабилеб – нужеца абула щайтIан нижер тушман бугин, гьелъие бокьухъеги хьвадула; анлъабилеб – нужеца абула алжан хIакъаб бугилан, ай букIиналда божула, амма гьелъие мустахIикъаб гIамал гьабуларо; анкьабилеб – нужеца абула жужахI букIин хIакъаб бугин, амма гьенире ккеялдаса цIунулеб гIамал гьабуларо; микьабилеб – нужеца абула хвел хIакъаб бугилан, амма гьелъие нуж хIадурлъуларо; ичIабилеб – нуж макьидаса рорчIула, ай радал тIаде рахъуна ва машгъуллъула гIадамазул гIайибал цIехеялде, ай гьелда хадур лъугьуна, нужерго гIайибалин абуни жахIалго тола, ай гьел рихьуларо, гьезул кIварги гьабуларо; анцIабилеб – нужеца нужерго хварал чагIи рукъула, амма гьезул пикро гьабуларо».

Гьел киналго рахъалги нилъее цIунизе захIмалъула яги милатго гьабуларо. Дунялалъул гIадаталда жанибги кинаб бугониги жо щвеялъе хасал шартIал рукIуна, ракIаризе кколел гъулбасал, кагътал, печатал ва гьел гурел цогидалги амраби. Гьелги тIурачIого цониги жоги щвезе хьулги букIунаро. Ахираталъул амрабиги Аллагьас хурхинарун руго гьединалго шартIазда, гьел цIунизеги чара гьечIеб буго нилъее. ДугIа къабуллъунгутIиялъе гIемерисеб гIайиб нилъелъго букIиналъ кколеб буго гьедин.

ДугIа къабул гьабунгутIиялъе рукIине бегьулел гIиллабазул цояб бицана Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясги: – Эбел-инсуе лъималаздаса хирияб жого гьечIо гьаб дунялалда. Гьез щиб гьараниги кьезе хIадуралги рукIуна умумул. ХIатта жидер рухI бичизе кколеб батаниги гьелдегицин ине хIадурал рукIуна гьел лъималазе гIоло. Амма гьел лъималаз гьезие жидеего зарал бугеб жо гьарулеб бугони, эбел-инсуца жаваб гьабуларо гьеб гьариялъе. Щайгурелъул гьелъ лъималазе зарал гьабизе букIиналъ. Гьединго, БетIергьанас нилъееги жаваб гьабичIого тезе бегьула нилъее маслахIат гьечIеб яги заралияб жоялъе.

Нилъер хIалтIи буго БетIергьанасде кидаго гьарулеллъун рукIин. Жаваб гьаби Гьесул иш буго. Кинниги нилъер божи букIина жаваб гьабиялде, нагагь кватIани гьелъухъ ахираталда кьунги кьолелъул нилъее даража. Аллагьас нилъ дугIа къабулаллъун гьареги!

ГIАБДУЛЛАГЬ МУХIАММАДОВ «АС-САЛАМАЛЪУЛ» РЕДАКТОР

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...