Аслияб гьумералде

Хвалчабаз ниж сундасаниги цIуничIо...

Хвалчабаз ниж сундасаниги цIуничIо...

Хвалчабаз ниж сундасаниги цIуничIо...

Ислам буго жинда жаниб кинаб бугониги хIалгьаби гьечIеб дин. Тарихалъул тIахьал цIалидал нилъеда гIемер ратула Исламалъе кIудияб зарал гьабуравги зулмучи тавбу гьабун вачIиндал, Аварагас ﷺ ва гьесда хадур рачIараз гьев берцинаб рагIиялдалъун къабул гьавиялъул къисаби. Нилъер заманалда гIемер рукIуна гIиси-бикъинаб жоялдалъун цоцадаса барщун чIарал чагIи. Аварагас ﷺ ва бусурбабаз хIехьезе ккараб гIадаб баччизе кколеб гьечIелъул, рекъараб букIина нилъги гьездаса мисал босун хьвадани.

 

Бадруялъул гъазаваталда бусурбабаздаса къурал къурайшиял киндай къисас босилаян ургъулел рукIунаан. Цо къоялъ КагIбаялда аскIор дандеккана Вагьбил ГIумайр ва Умаятил Сафван. Хабаралда рукIаго, Сафваница абуна: «Бадруялда бахIарзалги чIван нилъее чIаго рукIиналъул пайда щиб», - ан. Гьесул рагIиялда ГIумайрги тIадрекъана ва гьедун абуна: «БецIизе налъиги, нагагь хвани тIалаб гьабизе лъималги рукIинчIелани, Мадинаялдеги ун дица МухIаммад ﷺ чIвала. Бусурбабазухъ асирлъуда вугев васги вугелъул, гьениве ине гIиллаги дир буго», - ян. ГIумайрица гьедин абидал, Сафваница абуна: «Ургъел ккоге, дур налъиги дица бецIила, лъималги бажарараб гьабун дирго лъималгун цадахъ хьихьила. Мун гьеб ишалъ къватIиве вахъа», - ян. Гьелда ГIумайрги разилъана ва кIиясдаго гьоркьоб ккараб хабар лъидаго бицинчIого букIине къотIиялда рахъ-рахъалде жидерго ишалъги ана.

Гьединаб мурадгун, загьру тIад бахараб хвалченги босун, ГIумайр Мадинаялде вилъана. Гьениве щведал, Авараг ﷺ мажгиталда вукIин лъайдал, ГIумайр гьениве ана. Мажгиталде цеве ГIумайр щун вугин абидал, Аварагас ﷺ гьев жаниве вачейин абуна. ГIумайр, рачлихъ хвалченгун, Аварагасде ﷺ цеве вачIана. ГIумар-асхIабас гьесул хвалчен бараб рачел ккун букIана, амма Бичасул Аварагас ﷺ биччан теян абуна.

Аварагас ﷺ гьесда цIехана щиб мурадгун вачIаравилан. «Нужехъ асирлъуда вугев васасда хадув вачIун вуго», - ян абуна ГIумайрица. «Гьаб рачлихъ бараб хвалчен сундуе къваригIун бугеб?» - ан цIехана Аварагас ﷺ. Гьеб мехалда ГIумайр кьер хисун лъугьана, бугониги гIузру бачун абуна: «НагIана батаги гьазие, хвалчабаз ниж сундасаниги цIуничIо», - ян. Хирияс ﷺ цоги нухалъ цIехана гьаниве вачIиналъул мурад щибилан. Амма ГIумайрица цебегогIадин гьереси бицун гурони, батIияб жо абичIо. Гьеб мехалъ Аварагас ﷺ абуна: «КагIбаялда аскIорги рукIун дуцаги Умаятил Сафваницаги бицунеб букIараб щиб? Нужеца Бадруялда чIварал къурайшиял ракIалде щвезаричIищ? Дуца бецIизе налъиги, хун хадуб тIалаб гьабизе чи гьечIел лъималги рукIинчIелани жинца МухIаммад ﷺ чIвалаанин абичIищ? Сафваница дур налъи бецIиги лъимал хьихьиги тIаде босидал, дуца дун чIвазе тIаде босичIищ?». Гьедин абидал, ГIумайр вихха-хочун лъугьана. Дагьаб заманалъ вуцIцIунги чIун, гьес абуна: «Гьеб къотIи дица Сафвание гьабулеб мехалъ аскIов щивго вукIинчIо. Дун гьанже божула гьебги гьеб гуреб цогиябги дуда Аллагьас ﷻ бицунеб букIиналда ва мун Аллагьасул ﷻ Авараг вукIиналдаги», - ян.

Гьедин Аварагасда ﷺ цебе шагьадатги битIун, Исламги къабул гьабун, ГIумайрица Аллагьасе ﷻ рецц гьабуна. АскIор рукIарал асхIабзабиги кутакалда рохана. Цинги Аварагас ﷺ асхIабзабазда абуна: «Нужерго вацасда Къуръанги малъе, гьесул асирги виччай», - ян. ГIумайрица Мадинаялда вугебгIан заманалъ Къуръан лъазабуна. Хадуб Аварагасдаса ﷺ изнуги тIалаб гьабун Маккаялде тIадвуссана ва гьенир гIадамал Исламияб диналде ахIизе жувана.

 

МухIаммадгIариф Къурбанов

 

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Лимоналъул лълъел пайда ва зарал

Сахлъи цIуниялъулъ бищунго машгьурал ва пайдаял гьекъолел жалазул цояблъун рикIкIуна лимоналъул лъим. Гьелъ кумек гьабула иммунияб система щулалъизабизе, тIолабго черхалъул хIалтIи лъикIлъизабизун гIаммаб къагIидаялъ ургьимес бацIад гьабизе.   Лимоналъулъ букIуна цитрат абураб гIуцIи, гьелъ...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Эбел-инсул адаб – Аллагь разилъи

Нилъер диналъулъ эбел-инсул адаб гьабиялъ хасаб бакI ккола ва гьеб иманалда ва гIибадаталда хадубцун бачIунебги буго. Хирияб Къуръаналъги, МухIамад аварагасул ﷺ хIадисазги гьеб суал гIемер борхулеб буго.   Исламалда эбел-инсуца кколеб бакI ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Къуръаналда абулеб буго...


Мунапикъасул гIаламат

ТӀадегӀанав Аллагьас лагъзадериде амру гьабуна хасал къанунал цӀунеян.  Гьезда гьоркьоса, ай кӀвар бугел къануназдасан ккола къотIаби цIуни.   Нилъер диналъ щивав бусурбанчиясдаса тӀалаб гьабула кьураб рагIи кквей ва гьабураб къотIи тӀубай. Гьебги ккола Аллагьасукьа хӀинкъулев чиясул...


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...