Аслияб гьумералде

БачIинаро нахъбуссун

БачIинаро нахъбуссун

БачIинаро нахъбуссун

ГIумрудул къоязул къваридаб сарин,

СокIкIун лъолев вуго дирго пикрабалъ.

Маргьудалъ гIадинаб гьаб гIумруялъул,

ГIемер ургъаниги ахир цо буго.

 

Нахъбуссинародай доб дир гьитIинлъи,

Гьавурай эбелалъ дун кодов ккураб.

Жеги щвелародай дихъе лъимерлъи,

Лъималгун васандун дида свак лъачIеб.

 

Кибедайха араб доб гIолохъанлъи,

ГIанчIлъи, чIухIи бугеб, къуват кутакаб.

Хъизан-лъималазул рукъ цIураб мина,

Мунгойищ хутIараб цо дун жанивгун.

 

БачIинаро диде кодов ккураб къо,

Каранде дун къазе гьечIо дий эбел.

Щвеларо гьанже дий къватIахъ васанди,

Васал тIагIун руго гьаб дир гIелалъул.

 

Киса нахъбуссунеб дир гIолохъанлъи,

ГIанчIлъи, къуват тIагIун гIанса ккурасе.

БукIинаро хъизан, буцIцIараб рукъги,

Рукъзал ратIа руго дир лъималазул.

 

БотIрода хъахIрасалъ ханлъиги гьабун,

Гьумер букIкIун буго рукIкIалабаца.

Херлъиялъ къвалги бан гIумруги къокълъун,

Къуват дир тIагIараб рагIалда вуго.

 

Дур къоял тIагIанин, гIумру лъугIанин,

ГIизраил малаик щвела дихъеги.

Араб гIумруялъул хIисаб гьабидал,

ГьечIо, ахир гьечIеб гIумру нилъее.

 

Аллагьас гIумру кьун рижун ругелъул,

РачIа Аллагьасе хIелун рукIинин.

Нахъбуссун гIумруги нилъей щвеларо,

Щвараб гIумру гIуцIе, Аллагь рекIелъгун.

 

Сулайман МухIаммаднуров

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...