Аслияб гьумералде

Ахlмад-хIажиде

Ахlмад-хIажиде
Абу-Бакар Сиддикъгlан ритlухълъиялда чlарав,
Гlумарул Фарукъ гlадав жиндир гlадлу битlарав,
Зуннурайни Гlусмангlан сахаватлъи бергьарав,
Гlали асхlабасулгlан бахlарчилъиги бугев.
Аварагасул  суннат кьуричlого тlубалев,
Аллагь разилъиялъе тlолго гlамал гьабулев.
Гlадамазул ургъелалъ жиндирго ургъел тарав,
Ахlмад-хlажи афанди, хирияв нижер муфти.
Рухlанияб рахъ гуреб, тlолго маслахlат бугеб,
Муфтияталъул хlалтlи жинца нухда регlулев.
Пайдабазул хазина, гlелму бикьулеб ралъад,
«Ас-саламалъул» дагlват кибго тlегьазабулев.
Ракlал къачlан нур балев, рухlазе дару кьолев,
Чурхдузе, больница бан, сахлъи тlалаб гьабулев.
Школагун ясли-ахал, жиделъ гlелму бикьулел,
Гьитlинго лъимал куцан, исламияб лъай кьолел.
Гlелмудул хиралъи лъан мадрасаби рагьарав,
Аза-азар мутагlил жиделъ гlалим лъугьарал.
Гlелмуялъул рахъалъа Дагъистан тегьаялъе
Тlолго сабаб балагьун, кlвараб кумек гьабуна.
Мутагlилал хирияв халкъалъулго цевехъан,
Нижер баркалаялъул, унго, гlорхъиго гьечlо.
Нижей щвараб гlелмуги гьеб цlализе тавпикъги
Аллагьас нуж сабаблъун нижее кьураб буго.
Щибаб дугlаялдаги, къойил какда хадубги
Нужее лъикlаб гьари нижеда тlадаб буго.
Хирияв устарасул баракат камугеги,
Сахлъигун тавпикъалда даим Рахlманас таги.
Ракlалда бугебги кьун, Бичас кlодо гьавеги.
Ахlмад-хlажи разияб нухда Дагъистан аги.
Гьесул мурадги тlубан, кибго Ислам гвангъайги.
Берцинал тlабигlатал щивасулъе лъугьаги.

ХИЗРИЕВА ХАДИЖАТ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...