Аслияб гьумералде

Къурбаналъул адабал

Къурбаналъул адабал

Къурбаналъул адабал

Цо дагьабго хитIаб

Къурбан хъолезде,

Квеш бихьизе гуро,

Рак1 хвезе гуро.

 

Мунагь-хIакъалдаса

Нилъго цIунизе,

ХIакъикъияб къиса

ИсмагIиласул

Щоларищ рак1алде

Къурбан хъолезда.

 

Аллагьасде бугеб

Божигун хIинкъи,

ИсмагIилил эмен

Ибрагьимилги.

 

Гьанже гIолеб гIелалъ

Гьаб хъолеб къурбан

ГIадатияб жолъун

Буго рик1к1унеб.

 

Хъураб къурбаналъул

Ракьа-гьаналъул

Щибго хIурмат-адаб

Гьеч1о гьабулеб.

 

Шашлик1алги кванан

ТIаде рахъиндал,

Щущан гIодоб тола

Гьан квараб ракьа.

 

Бисмиллагьги бахъун

Гьеб ракьулъ букъун

Адаб цIунулев чи

цIакъ дагьго вуго.

 

Руго гIалимзаби

ГIелму лъик1 лъалел,

ГIелмуялда рекъон

ГIамал гьабулел.

 

 

Щай гIин тIамулареб

Гьез малъулелъухъ,

Дунялгун ахират

Данде билълъине.

 

Рач1унел унтаби,

Ккараб гьаб рагъ-кьал,

Зодосан, гIодосан

Ругел балагьал.

 

Нилъецаго ургъун

Пикру гьабуни,

Нилъерго гIайибаз

Гуребдай бугеб?

 

 

Ханзадай Сулейманова,

Шамил район, ХIебда росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...