Аслияб гьумералде

ГIайиб чIваге, гьудул…

ГIайиб чIваге, гьудул…
ГIайиб чIваге, гьудул, чIаго ругезда,
ЧIван лъолеб гуллица ссудулин ругънал.
ГIедегIуге, гьалмагъ, ахIуд аразда,
Унтулеб кереналъ бецIлъулин дунял.
Какдоге нахъасан, дир диналъул вац,
Дуего хоб бухъи гIазаблъулебин.
Лъоге, лъоге бугьтан мунго лъачIезда,
ЧIегIераб гвендиниб дуй батулебин.
ГIумру лъабго къойил лъелав чиясе,
Чангит щулалъани щолеб даража.
РекIкIун хьвадулелъги хьитал рагьулин,
Роржун хьвагIулелъги ракьда ратулин.
Дуйго ритIухъаб дин даималъ ккуни,
Лъоб борхалъиялда балеб дуца как.
Аллагь рехсолелъул хIисаб гьабуни,
ХIажрул Асвадалда дуйги хъвалеб бакI.
ГIедегIуге, гьудул, рагIи абизе,
РагIул ахиралда угьулин хIухьел.
ГIайиб чIваге, гьалмагъ, чIаго ругезда,
ЧIварал гIемер ругин рагIул гуллица.

МУХIАММАД ХIАСАНОВ, КIУЯДА РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...