Аслияб гьумералде

Фонд – «Инсан»

Фонд – «Инсан»

РекIелъ иман бугел, гьурмалъ нур бугел,

Сахаватал васаз, гIуцIцIараб «Инсан».

Къварилъи ккаралъур, хIалай ратулел,

ХIал щвараб бакIалде, аскIоре щолел.

МискIиназул мугъчIвай, пакъиразул хьул,

Хьул буссинабулел, анищ тIобалел.

Ихдал гъутIбигIадин тIегьан бачIаги,

ТIад гIемераб пихъ бан, мун бечельаги.

Бечедазул квералъ, цIеги гьел цагърал

Гьезул зутIаралда баракат лъеги.

Бокьун гуронани, кьезе ккогеги,

КьурабгIан гурони тIаса унгеги.

Щуабилев Халиф-ГIумар ГIазизил

Заманалъ кинниги, халкъ бечелъаги.

Баракатгун рахIмат тIадеги чвахун

МискIин пакъирав чи, къанагIатлъаги.

Машааллагь берцинлъи, гьаб исламалъул,

Исламалда ругел гIолохъабазул

Машааллагь, гьайбатлъи «Инсаналъул»

Илагьияб нуралъ гвангъизабураб.

МАЖИДОВА ПАРИХАН

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...