Аслияб гьумералде

АхIмад-хIажи-устарасде

АхIмад-хIажи-устарасде

СагIид-афандиги чIван,

Къварид бугеб халкъалъе

Къудратав БетIергьанас

БитIун бачIараб канлъи.

 

Каранда ругъналги лъун

Дагъистан угьдулелъул,

Халкъ диналде ахIарав

АхIмад-хIажи-афанди.

 

РахIму бугев Бичасул

Болжал тIаде щвезегIан

ТIад къараб божи-амру

Жинца загьир гьабичIев.

 

ГьитIинаб къоялдаса

Къуръан-хIадис цIаларав,

ЦIар бугел гIалимахъе

ГIелму босзе хьвадарав.

 

ГIамалгин хасиятал

Халкъалъул ракIал цIалев,

РекIелъ бугеб гьуинлъи

Гьурмаца къватIиб кьолев.

 

Гьуинаб гIамалалъул

Камилаб гIакълуялъул,

ГIодов виччан гурони

Чиясда кIалъаларев.

 

Заман чороклъунилан

ЧагIмаллъиялде инчIев,

Чилъиги рацIцIалъиги

ЦIунун хьвадизе кIварав.

 

ЦIар бугев Устарасул,

ГIабдулхIамид-афандил,

Къавулъ тIегьан бачIараб

ТIарикъаталъул рахас.

 

Устарасул наслудал

Ирсалъе мустахIикъав,

АхIмад-хIажи баркатлъун

Ватаги мун халкъалъе.

 

Къварилъиялда хадуб

ГIатIилъи камуларев,

ГIаламалда гурхIулев

РахIму гьарзаяв, Аллагь.

 

Гьадинаб нигIматги кьун

Халкъ бохизе гьабурав,

АлхIамдулиллагь,щукру,

Щибаб рецц Дуе буго.

 

ГIиса Шарапудинов, Гумбет район, Игьали росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....