Аслияб гьумералде

Гуро гьев дие гьудул

Гуро гьев дие гьудул
Бадибе гьоцIо тIинкIун,
Гьодида цIалал кIутIун,
КIигьумерлъи гьабулев -
Гьев дие гьудул гуро.
Гьурмае хабар бицун,
Хвалиего рецц гьабун,
Рихьдае хьвадулесул
Хьибил дица кколаро.
Бергьарасда къвал балев,
Къурасде мал хьвагIулев,
Макирасулгун дица
Гьудуллъи гьабуларо.
Гьабулеб цо букIунев,
Бицунеб цоги бугев,
Царал гIамал бугесде
ГIагарде дун къаларо.
ГIадан хIакъир гьавулев,
ХIалихьалъи баччулев,
ХIамият бугесулгун
ХIал дица бикьуларо.
ХIакъалде данде чIун,
ДагIбадун гьедарулев,
Гьудулзаби гуккулев
Гуро гьев дие гьудул.
Бечедасе хIелулев,
ХIакимасе къулулев,
КъабихIаб гIамал бугев
ГIодосанго вокьичIо.
Биценалъулъ гьерсилав,
Гьабулелъулъ хIиллаяв,
ХIая бичун чед кунев
Чи дие гьудул гуро.
РагIуе хилиплъулев,
Харбие хисардулев,
Хияналъи гьабулев
Гьевги дий гьудул гуро.
Гьобол вокьуларевги
Гьудуллъун хIажат гьечIо,
ХIал бикьизе кIвахIалав
КIваричIо гьалмагълъунцин.
Руччабазе лъедолев,
Лъадуе мутIигIлъулев,
МахIидуясулгун дир
МахIцини рекъоларо.
Миллат цIунуларевги
ЦIаларо ракIалъ тIаде,
ЦIаруе хьвадулесде
ХьвагIун тола дица квер.
Гьереси-мацI рихарав,
РитIухъазе гьуинав,
Гьудуласе рухI кьолев,
РухIиязе ракI кьолев,
РагIуе чучуларев,
Чидае хIелуларев,
ХIилла-рекIкI жиндилъ гьечIев,
Гьев вуго дие гьудул.

САГIИД ОРДАШОВ ИЧИЧIАЛИ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...