Аслияб гьумералде

ТIадегIанас кьурав Устар вуго мун

ТIадегIанас кьурав Устар вуго мун

ТIадегIанас кьурав Устар вуго мун

Дагъистаналъул муфти, шайих АхIмад-афандиясде (къ.с.)

 

ХIалимаб рагIигун гIумру тIамулев,

ГIолеб гьаб гIелалъе мисаллъун вугев.

Нахъзаманаялъе кунчIиги кьолев,

ТIадегIанас кьурав Устар вуго мун!

 

Ракълие къолденлъун эхетун чIарав,

Улкадул чирахълъун аскIов гIагарав.

ГIумруялъул нухда лъикIлъи малъулев,

ГIасруялъ квер кьурав камилав Устар!

 

Исламияб гIелму нухда бачунев,

ГIумрудул тIалабал тIокIкIун лъалъалев.

ТIабигIат-гIамалалъ куцазабулев,

Канаб цIва бакулев нижер КIудияв!

 

АхIмад-хIажи гIураб гIумрудул къибла,

Къалъараб бакъ гIадин, бакула нижей.

ГIибадат берцинав шайих гIураб ракь,

Ракълие къолденлъун чIола эхетун.

 

Даража кибего щолеб Дагъистан,

Буго Устарасул баркаталъ щвараб!

Щибаб къойил какил кири гьарзаяб

Кибниги бугодай гьаниб гIадинаб?!

 

ГIумру камиллъизе щварав дир Устар,

Аллагьас сахлъи кьун, вохун таги мун!

ГIамал берцинлъизе ватарав шайих,

Щваги мурадалде, Аллагьас вачун!

 

МухIаммад ХIасанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...