Аслияб гьумералде

Аллагь, Мун гурхIаги рухI босулелъул

Аллагь, Мун гурхIаги рухI босулелъул

Аллагь, Мун гурхIаги рухI босулелъул

Ахирзаман щвейги загьирлъун бугин,

Аллагь, Мун гурхIаги рухI босулелъул.

ЛъикIалщиналги хун нахъе хутIарал

Хваразухъ урхъараб заман бугин гьаб.

 

Зулму-хIал бергьараб заманалъул рукъ,

Аллагь гурхIичIони, щибдай гьабила?

Рагъул-кьалул балагь тIасаги босун,

Умумузул ракIал рохизареги.

 

Росдал агьлуялда баракат лъеги,

РакIал рохун таги, рукъ роцIцIун таги. 

Аллагь мун разияб гIамал гьабизе

Кьеги, БетIергьанас щивасе иман.

 

ТIолгоязул Халикъ, халкъалъул ПаччахI,

Мун цо вукIин лъала, хIелула Дуе.

РекIелъ иман бугез Аллагь ахIулин,

Аллагьги ХIабибги рекIелъги цIунун

ЦIоб гIатIидав Аллагь, гурхIи гьарула.

 

Ахирияб сагIат, ахираб хIухьел,

Аллагь, Мун гурхIаги рухI босулелъул.

Щивасул гьарурал лъикIал гIамалал

Пайдалъун ратаги ахираталда.

 

Дунял бахъаниги ахират кьеги,

Ахираталъул рукъ гвангъун батани,

Малаикзабазул кумекалдалъун

Алжан насибазда гьоркьоре ккаги.

 

Аллагь, Мун гурхIаги рухI босулелъул,

Иман босугеги, рухI босаниги.

Амин, Амин, Аллагь, Амин, я Аллагь,

Къабул гьабе Дуца, гьарараб гьари.

 

Жавгьарат ХIадисова, Гьандихъ росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...