Аслияб гьумералде

Эбелалъул гьари

Эбелалъул гьари
ХъахIаб кагъаталда къалмицаги хъван
РекIелъ бугеб анищ загьир гьабизин.
Аллагьгин авараг  разияб гIамал,
Мунгоги разияб хъизан-наслуги. 
Чорхое сахлъиги сахав гьудулги,
Гьеле дуе талихI кIиябго рокъоб.
Аллагьасул рахIму дуде рещтIаги,
Иман-адаб бугеб наслуги кьеги.
ГIелмуги гIамалги цоцалъ рекъараб,
ГIадлуяб рукъалъул эбел яхъаги.
Гьале дуе гьари, дир рахъалдасан,
Дургун тIул бикьарав гьав дир васасе.
Гьабго дугIа буго дица гьабулеб,
КIиялго нуж дир чохьол наслаби.
Наслу камураллъун нужги ратугеги,
Иман-адаб бугел рахъайги нужги.

МУХIАММАДИЛ ЯС ПАТIИМАТ, КЪУЛЕЦIМА РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...