Аслияб гьумералде

ЛъугIана Рамазан моцIги

ЛъугIана Рамазан моцIги

Церекъад Ражаб моцI, сон ШагIбан регIун,

Щвана ахиралде Рамазан моцIги.

Къоял ун, моцIал гIун, лъагIелал сверун,

Дагьлъун унеб гьечIищ нилъер гьаб гIумру?

 

Кинабго рецц буго БетIергьанасе,

Ислам-диналда нилъ рижун ратидал.

Гьаб дуниял нилъей копой кьун гьечIин,

Аллагьасе тIагIат гIемераб гьабе.

 

Ражаб моцIалъ хьараб хьон тIирщанадай?

ШагIбаналъ лъалъараб хур бижанадай?

Рамазаналъ лъилъун хур бачIанадай?

Балагье нахъехун, вацалгун яцал.

 

Жакъа Рамазан моцI лъугIулел къояз,

Кверал цереги ккун гьари гьабилин.

Къабул гьабе гьари, Къудратав Аллагь,

Дур рахIму-цIобалде божарал нижер.

 

Кье, Аллагь, нижее сахлъигун гIумру,

Чорхолъ иман цIикIкIун, ракI тIеренлъулеб.

Хадусел сонаца хириял моцIал,

Мун гIемер рехсолел моцIаллъун гьаре.

 

Рагъуй ахир лъурал къоял рачIаги,

Диналъул агьлуял цоцалъ цолъаги.

Устарзабазул нух ккурал гIемерлъун,

ТIарикъат тIегьайги бусурбабазе.

 

ЖахIда-хIусуд бугел кантIизе гьарун,

ДагIба-къец ккаразде иман тIинкIаги.

Мискинлъи тIагIаги, гIалам гIорцIаги,

Садакъа кьолезул къадар цIикIкIаги.

 

Дуца кьуна гIумру, хирияв Аллагь,

Дуе лагълъиялъе ниж хIадур руго.

Хвалил ургъел нижей бигьа гьабизе,

Алжаналде унеб нухде раче ниж.

 

Дунял кIочон тела, Дуде руссина,

Ахират лъикIаб кьун рохизе гьаре.

Хириял моцIазул хIурматги гьабун,

Къабул гьабе, Аллагь, гьаб нижер дугIа.

 

Къабул гьаре Аллагь ккуразул кIалал,

Рахъарал сахIалги, кьураб садакъа,

Рарал таравихIал къабулги гьарун,

Азарилъе бахун кири хъвай Аллагь.

 

КIал биччараб къоялъ, гIидалъул какда,

Бачараб такбиралъ росулъ нур чIаги.

Хириял моцIаца хабзалахъе ун,

Хваразде цIалараб рухIазе щваги.

 

КIалбиччан къояца барки гьабизе,

Цоцахъе хьвадизе къуват кье, Аллагь,

Херал-унтаразде, гIагарлъиялде,

Гьабураб зиярат кирилъун гьабе.

 

Къабул гьабе, Аллагь, нижер гьаб дугIа,

Хириял моцIазул хIурматалдалъун.

Хвалил кьогIлъи нижей бигьалъун гьабун,

Алжаналде унел агьлулъун гьаре.

 

Сулайман МухIаммаднуров,

ЦIиликь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...