Аслияб гьумералде

Унел руго гьал сонал

Унел руго гьал сонал

Унел руго гьал сонал

Унел руго гьал сонал, свак лъачIого гIедегIун,

ГIумру кибдай къокълъила, къадар кидадай щвела?

Къаникье унеб сагIат, сиратI бахунеб лахIзат,

ГурхIел-рахIму лъалареб захIматабдай букIина

 

БакIлъи цIадирабазул кибехундай гьетIила,

Гьарунщинал мунагьал нугIзаллъундай рукIина?

КIанцIизе нохъо гуреб, вахчизе чадир гуреб,

Чан батIияб суал кьун суравдай дир босила.

 

Бицине жавабалъе жагъаллъунцин ккеладай,

Жанив ваккун балазе интернет-алат гуреб.

ТIаде ришват-гIарац кьун, гъоркьбакI рекъезе гьабун,

Рекъел гьечIеб гьеб пиша гьениб хIалтIуларелъул.

 

ХIалае батулеб дий щиб гIамалдай букIина,

РекIелъ щайтIан кIусарал къоял гIемер кканадай?

Парзал тIураниги щиб, щвалде щвей букIанадай,

Щибаб как хIузуралда базе къуват гIунадай?

 

Дунялияб магIишат гIетIги тIун гьабулаго,

ГьабичIого гIолареб чан гIибадатдай тана?

Хабар-калам бицунел копол данделъабазда

Кинниги гъибат-бугьтан лъачIого борчIанадай?

 

Бисмиллагь бахъичIого, квералцин чуричIого

Чан батIияб нигIматдай гIедегIун кванан тана.

ХIарам-хIалал лъачIого берцин бихьанщиналъул

Хьул буссине намус тун эхебедай къулчIана?

 

Арал дир мунагьазе тавбу рекъон кканадай,

Гьеб тавбу гьабизеги бичча-бихъан кканадай?

Гьанже араб жибго тун, ккаралдаса ракI бухIун

РахIимасда хьулги лъун хайир бахинародай?

 

Алжангун жужахI букIин некIого щайдай

ЛъикIаб-квешаб борцине гIакълу щайдай борчIичIеб?

Кин бугониги Аллагь, дур загIипав лагълъидал,

МахIрум гьавичIого те,  ахират разияб кьун.

 

 

Сайпуллагь ГьитIинамухIамадов,

Шамил район, Къелеб мухъ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...