Аслияб гьумералде

ГIумруялъул хIисаб

ГIумруялъул хIисаб
Дун хобазда аскIов, гIодовги кIусун
ГIумруялъул хIисаб гьабула цо-цо,
Цо-цо цере арал цадахъ рукIарал,
Гьезул хивалазда хаган ватула.
Хабада эхетун чIараб зонода
ЦIалулаан цIарал гьудулзабазул,
Гьаб ракьалда дие гIумру кьун арал,
Дир рекIей хириял дол умумузул.
Дир беразда цо-цо хулула магIу,
ГIумру гьаб щибжойин кьолаан суал.
Жаваб гьазул буго, гьеб гIумру бугин
ГIоралъ бачун унеб бортараб тIамах.
ТIокIалъ батулареб, нахъ бачIин гьечIеб,
Гьабулеб макьу гьеб дур гIолохъанлъи.
ГIумруялъ гуккизе, воре, чIогейин
Гьабула насихIат занабаз дие.
Дун нахъе къокъуна ракIги къварилъун,
Къваридаб лахIду дир даимаб рукъин.
Къудратасда цеве чIолеб доб къоялъ,
Дирго гьаб черхалъе щибдай ккелебин.

ИБРАГЬИМ МУХIАММАДОВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...