Аслияб гьумералде

ГъазимухIаммадил зияраталда

ГъазимухIаммадил зияраталда
Нухлулав, лъалхъанищ
Гьаб свериялда?
Сапаралъ вахъарав
Генув щолелъул.
ЩвечIелищ ракIалде
Дол гъазизаби,
Гъазаваталъ хварал
Дагъистан цIунун.
РагIичIебищ дуда
Зикрудал гьаракь,
Зулмуялде данде
Къеркьон хваразул.
Гьаниб щибаб гамачI,
Кьуру кIалъачIищ?
ГъазимухIаммадил
ХIакъикъат бицун.
БалагьичIевищ мун
Гьеб сураталде,
Сабруго къанщарав
ВихьичIищ имам?
Унго, сири бачIищ
ТIолго черхалда,
ТIаде зодов вуссун
ГьабичIищ гьаракь?
Гьеб берцинлъиялъе
Бахъараб гуро,
Цебе заманалъул
Зани буго гьеб.
ГьитIинаб Дагъистан
Гучаб Россиялъ
Кьалде ахIиялъул
ХIакъикъат хъвараб.
Кьварарал муридаз
РухI босулелъул,
Биялъ къанда тараб
Тарих гурищ гьеб?

АБУМУСЛИМ МУХIАММАДОВ, ГъазимухIаммад имамасул зиярат ТIЕЛЕКЬ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...