Аслияб гьумералде

Рагъдаса васасул кагъат

Рагъдаса васасул кагъат
КигIанго бокьун буго гIумру гьабизе,
Ракълилаб доб болжал кверзукь бачине.
ТIубарал моцIаца лъимго бихьичIел
ТIагIат-гIибадатул рацIцIалъи кквезе.
КигIанго бокьун буго сахго хутIизе,
Рокъор хутIарал дол хъизан-лъималгун
ЛъикIалан ракI биччан, гьелгунги кIалъан,
Рохалил ххулулеб магIу бацIцIине.
КигIанго бокьун буго гIумру гьабизе,
ГIинда рагъул гъугъай рагIунгутIизе.
ГьикъичIеб доб балагь, хвалил гуллица
Щапулел ракьцоял рихьунгутIизе.
КигIанго бокьун буго гIумру гьабизе,
ГIолохъанго рукIун яшав гIуцIизе,
Эбел-инсул ракIал рохизе гьарун,
ГIагараб ракьалде тIадги руссине. 

РАСУЛИЛ ШАМСУДИН, ГIАНЧИХЪ РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...