Аслияб гьумералде

Тавбу гIемер гьабе

Тавбу гIемер гьабе

Дуниял жибго те, ахират босе,

Аллагьги рекIелъ ккун даимго вукIа.

ЦIикIкIинабе рокьи аварагасде,

Аллагьасе мунго вокьизе ккани.

 

Тавбу гIемер гьабе, гьеб кIочон тоге,

Аллагьасда цеве мун хIелун кIалъай.

Церехун гьарурал мунагьаздаса,

ТIаса лъугьайилан гьаре ракI-ракIалъ.

 

Бесдалал рохулел гIамалал гьаре,

Дуйго ризкъи цIикIкIун бокьун батани.

ГIадамазе дуца квербакъи гьабе,

Цебе дур букIараб гIамал хисила.

 

Вац-яцаздехун дур букIараб балай,

Дудаго лъачIого хисун батила.

ХIасуллъиги ина рекIелъ букIараб,

Инсанасде бугеб рокьи цIикIкIина.

 

ХIусен МухIаммадов,

ЧIарада район, Дусрахъ росу

 

 

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...