Аслияб гьумералде

Мансурил МухIаммадиде

Мансурил МухIаммадиде

Мансурил МухIаммадиде
Дагъистан гIажизлъанин, гIоде гьанже, гIадамал,
ТIолго муридзабаца гьабе цоцазда зигар.
Ракьгин зоб хIайранлъараб хIал тIаде бачIун бугин,
КIудияс жакъа сапар халатаб бухьун бугин.
ТIарикъаталъул шайих, шаригIаталъул гIалим,
Нуралъул хъахIаб чирахъ, гIаламалъе бакараб.
Бераца магIу тIолеб тIолабго халкъ аниб тун,
ТIерхьаравищ КIудияв, мун ракьул чохьониве?
Щвайги дуе, КIудияв, ХIабибасул гьоболлъи,
Гьавеги мун Расулас умматалъе шафигIлъун.
Къуват кье, нижей, Аллагь, исламияб нух кквезе,
ТIолго хIукмабазул Хан, гурхIа нижеда, Аллагь!

ГIабдулхIафизил ПатIимат, Кокрек росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...