Аслияб гьумералде

Мунго цIунизе цIакъ бахъе

Мунго цIунизе цIакъ бахъе

Ахирзаман бугин бихьизе цебе,

Бицунеб харбида хадуб халгьабе.

Хварасухъ урхъараб бачlиндал заман,

Зикру гlемер бачун черх цlунун хьваде.

 

Хьандолеб гlамалги гlодобе рехе,

Гlунгутlаби рехсон мун гаргадуге.

Дурго жаваб кьезе кколеблъиги лъан

Лъикl бербалагьиялъ берцинго вукlа.

***

Гlадамазеги гьимун гьалдолеб керен бугел,

Бадиб цlа бугониги мацlалъ лъикlаб бицунел,

Бихьизе жо хутlичlел, гlолохъанго херлъарал,

Гlемерал чагlи руго гьаб ракьалда хьвадулел.

 

Дугlа нилъер ярагъин, дугlа даимго гьабе,

Гьаб дунял имтихlанин хlал хвезеги биччаге.

Берцинаб сабру гьабе, сабруялъул тlиналда

Тlогьилаб месед букlин кlоченеги биччаге.

***

Бокьарав инсанасул гlумру хисизабизе,

Гlемер замана барав, вукlин шартl гьечlо инсан.

Аллагьас кьураб гlакълу къойил хlалтlизабуни,

Бигьаго букlинарищ ракьалда дуй хьвадизе.

 

Дол гъалатlал камурав кинго чи вукlунаро,

Кинниги гьел рацlцlине цlодорав гlедегlула.

Гlумру къокъун батула, къалбу лъукъун батула,

Тавбуялде вуссиндал кумек гьабе, я Аллагь.

 

Шамил Къебедов, ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...