Аслияб гьумералде

Хъвай, «Ас-салам» казият

Хъвай, «Ас-салам» казият

Хъвай, «Ас-салам» казият
Казият хъварабищ бачIунеб соналъ?
Исламалъул ахIи щолебищ нужехъ?
Пайдаяб гIелмудал хазинаялъул
БутIа бачIунебищ нужер рокъобе?
«Ас-салам» газета - къимат кIудияб,
Гьеб хъван цониги чи пашманлъуларо.
ХIабибасул ирсил, лъугIиго гьечIеб
БутIа буго щибаб моцIалъ бачIунеб.
Ирсилавлъун дуе бокьун батани,
Гьеб бутIа рокъобе щвезе кканани,
Хъвай газет «Ас-салам», гьабе подписка,
ЛъагIалица вуго мун мутагIиллъун.
ГIелму цIалулаго дуниял тани,
Аварагзабазул гьалмагъ мун ккола.
Мубтадиълъун вукIун рухI босанани,
Аллагьасул малайк щвела дарс кьезе.
ГIелмугин тIабигIат - гьеле доб кIиго
Исламалъул кьучIда букIине кколеб.
ГIелмуялъ малъула, гIамал гьабула,
ТIабигIаталъ хIасил бихьизабула. 
ЦIале вацал, цIале, «Ас-салам» газет, 
КIвахIаллъуге, воре, пайда босизе. 
Гьелъухъ кьолеб гIарац гIемерлъун бихьун,
Нужерго хвасарлъи нахъе рехуге.

МухIаммад НурмухIаммадов, ГIахьалчIи росу

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Хвасарлъи

ЖужахIалъул цIаялдаса хвасарлъулеб гIамал гьабун хьвади буго нилъер щивасул аслияб мурад. Гьелдаса хвасарлъиги буго муъминчиясе Къиямасеб къоялъ битIккей, щайин абуни, гьеб щвей бугелъул инсанасе Алжаналда кверщел батиялъе гIаламатлъун.    Хирияб Къуръаналда буго гьадинаб магIнаялъул...


РухӀияб рахъ цебетӀезабулеб заман

Нилъер лъимал риидалилал каникулазухъ урхъун рукIуна хӀухьбахъи гьабизе, гьудулзабигун заман тIамизе, расандизе. Амма нилъеда лъала гьаб ва хадусеб гӀумруялъулъ унго-унгояб талихӀ ва бергьенлъи Аллагьасул ва Гьесул Расуласул ﷺ нухдасан иналъулъ букӀин. Гьединлъидал, хириял яцал, рачӀа нилъеца гьаб...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


ХIикматал махлукъатал

ГIанкъра, ичIкIал   ГIанкъра ккола унго-унги гIажаибаб рухIчIаголъи, цадахъго хIинкъиги хIикмалъиги бижизабулеб. Хъанхърабазул классалде гъорлъе унеб букIаниги, гьелъул хасаб сипаталъ гьеб кин букIаниги батIа гьабула хъанхърабаздаса ва цогидалги гьелда релъарал...


Хиралъи тIадегIанав

МухIаммад авараг ﷺ ккола ТIадегIанав Аллагьас ﷻ тIаса вищарав ва бищунго Гьесие вокьулев авараг. Гьев ﷺ вуго Къиямасеб къоялъ инсанияталъулго сайид. Киналго аварагзабаз Къиямасеб къоялъ, хIатта кIудиял аварагзабазцин гьесухъе айилан абула. Гьев вуго Къиямасеб къоялъ киназего шафагIат гьабулев...