Аслияб гьумералде

Сордо буго гьеб МигIраж

Сордо буго гьеб МигIраж

Бичас гьоболлъухъ ахIун,

ХIабиб къватIив вахъараб,

Баракатал сардазул,

Сордо буго гьеб МигIраж.

 

Масжидул Акъсаялда,

Аварагал данделъун,

Гьезий имамлъи гьабун,

Как жинца бараб сордо.

 

Анкьабго зоб нахъа тун,

ГIарщалде ТIагьа щвараб.

Алжан-жужахI бихьараб,

Сордо буго гьеб МигIраж.

 

Расул аскIой вачIиндал,

Гьоркьоб пардав гьечIого,

Гьесда Халикъ кIалъараб,

Сордо буго гьеб МигIраж.

 

МухIаммад ﷺ кIодо гьавун,

Гьесул умматги бокьун,

Аллагьас сайгъат гьабун,

Щуго как кьураб сордо.

 

Цогидал умматазе,

Аллагьас кьун рукIинчIел,

Кьун руго бигьалъаби,

Гьеб сордоялъ нилъее.

МигIражалъул хиралъи,

Халалъилин хъванагIан,

Хъвалеб лъугIизе тана,

ГIелин гьаниб рехсараб.

 

Расуласда гьеб сардилъ,

Бихьанщинаб рехсечIо,

Халкъалъул гIемерисел,

ГIадамазда лъалелъул.

 

ЛъикIал сардал рачIиндал,

ЧIаго гьелги гьаризе,

РахIманас тавпикъ кьеги,

ТIолго бусурбабазе.

 

МухIаммад Ражабов, ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...