Аслияб гьумералде

Босана цойги бергьенлъи

Босана цойги бергьенлъи
Щвана, ГIабдурашид, цоги бергьенлъи,
ЦIар аразул мухъилъ дур цIар бикIулеб.
Босана цогиги меседил медаль,
Дурго медалазул рикIкIен цIикIкIине.

Дагъистан чIухIарав мугIрул гIолилав,
Босана цоги чIел аренаялда.
ЦIар арав речIчIухъан, мугIрулазулаб бацI,
Борхана цоги квер бергьенлъи баркун.

МугIрул бацIцIадаб би чорхолъ хьвадулев,
Хьваде гьаб ракьалда борхатаб цIаргун.
ЦIаруй мустахIикъал рехсолеб мехалъ,
Рехсей абе дурги, ГIабдурашид, цIар.

Дур бергьенлъиялъухъ балагьун чIарал,
ЧIухIе абе гьанже тIолго Дагъистан.
ТIад кIалъайго гьечIеб щулияб медаль,
Щулаго реханин гьесул горбоде.

Сонал сверунилан ссвин букIунареб,
Кьеги Аллагьас дуй щулияб сахлъи.
Киналъулго бетIер - щулияб иман,
Щулалъаги даим гьеб дур рекIеда.

Бергьенлъи гурони къей бихьугеги,
Мун разияб хIасил кидаго ккаги.
ТIолго ракьцоязул чIухIилъун вукIа,
ЧIухIи дур рекIелъе лъвине биччаге.

ЧIахъаги дур эмен гьаб дунялалда,
ЦIаруй мустахIикъав вас гIезавурав.
Тайги гьаб ракьалда рекIей бокьухъе,
ЦIар арав васасул хIасратай эбел.

ПАТIИМАТ ГIАБДУЛАЕВА, УНСОКОЛО РОСУ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...