Аслияб гьумералде

ГурхIел цIикIинабе

ГурхIел цIикIинабе

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ нилъехъе хирияв МухIамад авараг ﷺ витIараб диналда, рахIму-цIобалъул динилан абула. Щайгурелъул, Аллагьас гьелда жаниб лъечIо, инсанасда хIалкIолареб, захIматаб гIамал. ХIарам гьабуна кинаб букIаниги зулму, бокьулареб рагIи аби, инсан гIодовегIан гьави.

 

Аварагас ﷺ абулеб буго: «ГIадамазда гурхIуларев чиясда Аллагьги гурхIуларо», - ян. ГIумар-асхIабас бицараб хIадисалда буго: «ГIадамазда гурхIуларев чиясда ТIадегIанав Аллагьги гурхIуларо, гIадамазда тIаса лъугьунарев чиясдаса Аллагьги тIаса лъугьунаро, гIадамазул тавбу къабул гьабуларев чиясул, Аллагьас тавбуги къабул гьабуларо», - ян.

Къатадатица «Инжилалда» хъван бугин бицана: «Ле, Адамил лъимер! Мун гIадамазда гурхIулев гIадин дудаги гурхIула, дуда Аллагь гурхIиялда дур хьул кин лъолеб, гьесул лагъзадерида мунгоги гурхIичIого», - ян.

Маликил вас Анасица, ГIиса аварагас абунин бицана: «Нужеца Аллагь рехсей гуреб жоялдалъун калам гIемер гьабуге, гьелъ нужер ракIазда къасават бижизабула, къасаваталъ ракI Аллагьасдаса рикIкIад гьабула. ХIакълъунго, гIадамал кIиго тайпаялда руго: Аллагьас балагьалде ккезарурал ва сах-саламатго тарал. Нужеда балагьалде ккарал рихьани, нужеца гьездехун гурхIел загьир гьабе, сах-саламатго тарал рихьани, Аллагьасе реццги гьабе», - ян.

Шакъикъу Загьидица хъвалеб буго: «Нужеда аскIоб квешлъи гьабиялдалъун цояв рехсани, нужер гьесда ракIги гурхIичIони, нуж гьеб мунагь гьабурасдасаги квешал руго», - ян.

ТIадегIанав Аллагьас ﷻ Давуд аварагасда абуна: «Мун мискин-ятимасе, гурхIулев инсуда релълъун вукIа. Дуда лъай, дунялалда дуца бекьараб гурони, ахираталда бакIаруларо...», - ян. Давуд аварагас Аллагьасда ﷻ гьикъана: «Я, дир БетIергьан! Мискин-пакъирасе Дур разилъи тIалаб гьабун, гурхIел загьир гьабурав чиясе кинаб кири бугеб»? - ан. ТIадегIанав Аллагьасул рахъалдасан ахIун бачIана: «Гьесие Дидасан бугеб жазаъ, къиямасеб къоялъ гIадамал кутакаб бакъул бухIиялда гъоркь рукIаго, гьесие рагIад гьаби буго», - ян.

Аллагьас ﷻ киналниги бусурбабазул рукъзал рахIму-цIобалдалъун цIезареги ва нилъер ракIазулъа хъачIлъи нахъе босаги. Амин.

 

АхIмад Къурбанов

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...