Аслияб гьумералде

Адаб бугев вукIана

Адаб бугев вукIана
ВатIаналъе хIинкъи, хIажалъи ккедал, 
ХIадур ватаразул цояв - нилъер вац. 
Шамил районалъул ГIасаб росулъа
МухIаммаднур вуго нилъер багьадур.
Багьанаби рачун цо-цоял чIедал,
ТIоцебесеб кьерда вагъана гъалбацI.
ХIинкъи-къай лъаларев магIарул васас,
БетIерлъи гьабуна кьвагьдохъабазе.
Нахъе къай лъаларев гьев магIарулав, 
Циндаго лъукъана гумпараги щун.
Цебехун гурони нух лъаларев гьев,
Цояб бохалдаса махIрумлъун ккана. 
Мариуполалъул къватIал бецIлъана,
Эбел-инсул сурат цебе бачIана.
Огь, цоги нухалда яцги йихьизе, 
Гьелъул вас вихьизе гъира цIикIкIана. 
Эбел-инсул адаб берцинав гьесий,
Севастополалда батана къадар.
Тохтурзабаз кигIан яхI бахъаниги, 
Щваралъул ГIизраил гьесда аскIове. 
Шагьидзабазулгун вализабазул
БутIа щваразулъ хIалхьаги дур рухI.
Квер ккун алжаналде эбелгун эмен
Рачинелъун цеве арав ватаги.
Гьадинал васаца цIеги Дагъистан,
ЦIумаллъун роржине хIажаталъуре.
ХIалхьун алжаналъул пихъал кваналев 
Таги, МухIаммаднур, БетIергьанас мун!

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Нухазда рацIцIалъи чIезабулев

ХIурматияб «Ас-салам» газеталъул редакция! Газета гьоркьобккун нижее, Шамил районалъул ТIаса Колоб росдал гIадамазе, бокьун буго баркалаялъул калам загьир гьабизе Микьигьориса ХIасанил МухIаммадие.   МухIаммадица тIаде босун буго нижер росабалъе рачIунел нухазул тIалаб-агъаз...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...