Аслияб гьумералде

Гьарараб къабулаблъун букIана...

Гьарараб къабулаблъун букIана...

ГIумрудул баракат жаниб рещтIунеб,

РахIматал, шапагIат жаниб гIемераб,

Рамазан моцIалъул гIедегIиго щиб,

Щун букIин лъачIого ун батанин гьеб.

ЛъагIалида жаниб жиндир цIар тIокIаб,

МоцIазулъ хираго Бичас гьабураб.

Гьабураб гIамалги, гIужда бараб как,

Кири жиндилъ тIокIаб шагьру-Рамазан.

Шагьарал гвангъарал, чирхъал ракараб,

Умматалъе рохел жаниб бекьараб,

Бекьараб хур гIадаб, хуриб тIор гIадаб

БачIун-унеб бугин шапагIат гьаре

Гьарараб къабулаб шагьру-Рамазан,

Шагьаби кьечIого Бичас кьун тараб.

Тукадаса бичун босизе ккечIеб,

Давла бугин унеб, диналъул вацал.

РакIал чороказул ракIал рацIцIунеб,

РоцIараб зоб гIадаб къиматаб шагьру.

Къаси сардал рорчIун, къад гIамал гьабун,

Бичасе хIелулеб хIурматаб шагьру.

ХIакимасе хъулухъ хъатица кьолеб,

ТIагIат гIемерасе алжан рагьулеб,

Баракат нилъей тун унеб бугин мун,

Бичасде гьари бай, диналъул агьлу.

ЧIунтарал ракIазе дару букIанин,

БикIун накъищ рекIелъ жаниб хъван толеб.

Дур гIадаб хIурматгун адаб гьабизе,

Гьареги Аллагьас хутIарал моцIал.

ГIОЧIЛОСА ГIАБИД-ХIАЖИЯВ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Муфтияталда данделъи тIобитIана

Дагъистан Республикаялъул муфтияталда тӀобитӀана идарабазда гьоркьосеб данделъи. Гьелда гIахьаллъи гьабуна муфтияталъул вакил ИсмагӀилов Мурадица, ГӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель КъахIиса МухӀаммадица, Россиялъул МВДялъул Северияб Кавказалъул федералияб округалда бугеб бетӀераб...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...