Аслияб гьумералде

КантIе, вацал

КантIе, вацал
Инсанасул гIумру къокъаб жо буго,
Холеб къо лъалареб, хвалде чи ургъулареб.
Кидаго хвеларилан данде гьабулеб боцIи,
Хвезего гьечIев гIадин чIухIун гьабулеб кIалъай.
Вацал-яцал, гIагарлъи гIарцухъ хисулел руго,
Аллагьас рикъзи кьедал гьудул кIочонев вуго.
Кинабго битIун ккани, рохун бицунеб буго,
Къоял дагьлъулел рукIин лъазе бокьулеб гьечIо.
Щиб къварилъи кканиги кантIулев чиго гьечIо,
РакIал риццалъун руго, иман загIиплъун буго.
Аллагьасе гьабулеб тIагIат дагьлъун ккун буго,
Сардилъ балеб какалъе хIалихьалъун черх буго.
ГIемераб жо кIваричIо, хвел ракIалде щолесе,
Щибаб къоялъ гьабулеб лъикIаб гIамал гIеларищ?
Иман чорхолъ бугесе дуниял кин бокьилеб?
ГIумру бекерун унин, гьабе хвелалъул пикру.
Сахав муъминчиясе кIвар гьечIеб дунялалъул,
Дица хъварал жугьабаз кантIиялде хьул буго.

Низамудин Гъазиев, ЦIолода росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...