Аслияб гьумералде

Питна бессараб заман

Питна бессараб заман

Питна бессараб заман

Ургъелал гIемераб, питна бессараб,

ЗахIмалъабаз цIураб ахирзамана.

Унгоги тIаде щун бихьулеб буго,

ГIакълу хIалтIизаби тIалъулеб буго.

 

ТIуртIудилаго гьаб дуниялги ккун,

«Дир буго», - ян абун нилъ рорчIиларо.

Нафсгун гьаваялда чангиталги ран,

Диналъул лъаралъе лъугьине ккела.

 

Алжаналъул рохел жидеда бицарал,

АсхIабзабазулцин хIинкъи букIана.

Нилъее хвасарлъи щунгойищ бугеб,

ГьадигIан гъапулго гIумру щущазе?

 

ГIалимзаби какун, муфтиясде бан,

Къиямасеб къоялъ хвасарлъиларо.

Рокьулел лагъзазе зарал гьабурал

Рагъ Жинца лъазабун, хIакъир гьарула.

 

Тавбуялде рачIа, кватIун ккелалде.

Аллагьасул рахIмат гIаммабин бугеб.

ГIибадат гьабизе гIедегIел гьабе,

Хоб гвангъулеб гIамал цебе ккезабе.

 

Рагье нужер ракIал, жанире ракке,

Щиб гьениб кIвар кьолеб, хирияб бугеб?

БетIергьанищ вугев, дунялищ бугеб,

Иманищ, щайтIанищ бергьунеб бугеб?

 

Дир диналъул вацал, хириял яцал,

КантIиялъул бакъ щун, гвангъун рачIаги.

Аллагь вокьиялъул чIор ракIалда къан,

Гьесукьа хIинкъиялъ жаниса цIеги!

 

Хадижат Хизриева

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...