Аслияб гьумералде

Щибго даимлъиларо

Щибго даимлъиларо

Щибго даимлъиларо
Аварагцин хутIичIо,
Хвалил амру гIунтIичIев.
ГIумруялде машгъуллъун,
Щибго даимлъиларо.
Сордоялъ къо хисичIеб,
Хаселгин их рещтIинчIеб.
ТIабигIат-гIамал щокълъун,
Щибго даимлъиларо.
Дунялалда гIорцIичIо,
ЦIаруцIун рекердулел.
Кодобе щвараб индал,
Щибго даимлъиларо.
Унтиялъ хIал гIунтIичIо,
ГIузрабаз квер бегьичIеб.
Залимаб щулалъуда,
Щибго даимлъиларо.
КIудияб хъулухъ щведал,
Ханзаби цIаруцIуна.
Хинаб рокъове щинкIун,
Щибго даимлъиларо.
Анищаб лахIзат кьедал,
Кьурараб михъ хичула.
Хиянатаб рещтIеналъ
Щибго даимлъиларо.
Дуего лъикIлъи гIедал,
ГIадамал кIочон тола.
Тахиде хивал щунин,
Щибго даимлъиларо.
Давлаялъ хъумуралъул
Хъал бицат гьабулелъул,
Гьодал щинкIананиги,
Щибго даимлъиларо.
Дарманалъ унтиялъул
АхIи бигьалъулелъул,
Аллагь гурхIичIониги,
Щибго даимлъиларо.
Дунялалда канлъулеб
Лъабго къо кунчIулелъул.
ЧIвалеб бакъул нур свани,
Свина даимаб чирахъ.

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Нужее баяналъе

Къуръан щиб моцIалъ рещтIараб? – Рамазан моцIалъ. Муса аварагасул вазир щив вукIарав? – Гьарун (сура «ТIагьа», аят 29). Къуръаналъул магIна щиб? – «ЦIале» абураб. Бищун кьучIаб хIадисазул тIехь щиб? – Бухари. Къуръан абураб...


Суал-жаваб

Щал аварагзабазухъе Аллагьас ﷻ тIахьал рещтIарал? Аллагьас ﷻ аварагзабазухъе рещтIарал тIахьазул къадар 104-ялде бахуна, гьезда гьоркьоса 100-яб буго гурараб кагътил мисалалда (свиток) рещтIараб. ХутIараб 4-яб ккола тIехь. Гьезул щибаб букIана цебе рещтIараб ритIухъ гьабулеб ва жидехъе рещтIунеб...


Аллагьас ﷻ кьола ризкъи

Имам Загьидияс бицана: «Цо нухалда дун, дие бугеб ризкъи Аллагьас ﷻ азалалдаго хъвараб бугинги абун, гьелъул хIалбихьизелъун гIалахалде валагьун къватIиве вахъана.   Авлахъалде щведал кIудияб мегIер бихьун, гьелде аскIове индал, гьениб батана нохъо. Жаниве лъугьун, бищун чIегIераб...


Имам Бухарил централде щвана

Узбекистаналъул Самаркъанд шагьаралда, имам Бухариясул цӀаралда бугеб халкъазда гьоркьосеб гIелмияб цӀех-рехалъул централде щвана ДРялъул гӀалимзабазул советалъул председателасул заместитель, гӀелмабазул доктор МухӀаммад КъахIиби. Централъул нухмалъиялъулгун букӀараб дандчӀваялда бицана рехсараб...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...