Аслияб гьумералде

Дир хIежалъул гьалмагълъи

Дир хIежалъул гьалмагълъи

 

Ассаламу гIалайкум, дир хIежалъул гьалмагълъи,

ХIежгун гIумраги тIубан Дагъистаналде щварал.

Аллагьасул хIалкIвеялъ, Адамгун ХIавадасан

Инсан жинца вижараб ракьалда хIетIе чIарал.

 

Ассаламу гIалайкум, дир хIежалъул гьалмагълъи,

Мадина шагьаралда зияратал тIурарал.

ХIабибуллагь вукъараб Равзаялда берчIварал,

Расуласул мажгитахъ кIикъого как тIубарал.

 

Ассаламу гIалайкум, диналъул вацал, яцал,

БакъигIалъул хабзалахъ Шамилий салам кьурал.

Аллагьасул Расул ккун, исламалъе рухI кьурал,

Ункъавго асхIабасе гIодой къулун гIодарал.

 

Ассаламу гIалайкум, даимаб къотIи гьечIеб,

КIочонареб сапаралъ Маккаялда рещтIарал.

ХIажул Асвад цIунараб, Къилбаялда берчIвараб,

Гьениб тIавафги гьабун, гIумра тIубан руссарал.

 

Сафагун Марваялда сагIю тIубараб гIадин,

ТIубайги рекIел мурад кIиябгоги рукъалда.

Аллагьасул хIалкIвеялъ Къуръан-хIадис рещтIараб,

ГIарабустан ракьалда баракат щун рохаги.

 

Ассаламу гIалайкум, хириял хIажизаби,

Зам-зам лъеца рацIцIалъун, игIтикъат камиллъаги.

Кинабниги зиярат гьабурабщинаб дугIа,

Аллагьас къабул гьабун мурадалде нуж щваги.

 

 

ГIайшатбика ГIабдулкъадирова, МагIли росу

 

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...