Аслияб гьумералде

Баркала, учительзаби

Баркала, учительзаби
Гьале нижедеги тIаде къо щвана
ГIагараб школалъе къо-лъикI гьабизе,
ЦIияб гIумруялде гали бегьизе,
Нижеда малъараб ритIухъ гьабизе.
Ниж щибго лъаларел къабул гьаруна,
Къойилго нижеда дарсал малъана,
Рокъобги къватIибги гIадлу цIунизе,
ГIакълу нижер ботIролъ бижизабуна.
Бокьун буго нижей баркала кьезе,
ХIурмат тIадегIанал мугIалимазе,
Ниж - батIи-батIиял хасиятазул
Хира-кIодо гьарун цере рачарал.
БичIчIи букIинчIел, дарсазде кватIулел
Нижер гIайибазе гъулбасун чIарал.
ЧIиргъи-хъуй, ахIи-хIур нижер хIехьарал,
ХIал рекъезе гьабун рокьи бикьарал.
Нижеда кидаго кIочон теларо
ГIагараб школалда кьураб тарбия,
ГIаданлъигун намус кодоб цIунила,
Кибго цебехъанлъи тIалаб гьабила.
Жакъа школалъулгун къо-лъикI гьабидал
РекIелъе пашманлъи буго рещтIунеб,
Нахъа толеб бугеб лъимерлъиялъул,
Школалъулгун бухьен лъугIун ккеялъул.
Учительзабазе сахлъигун рохел,
Гьадин берцинго ниж нухда регIарал,
Киданиги нужер адаб теларо,
Аралъуса руссун нужехъе щвела.

КИЛАЛЪА НУЦАЛАЙ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...