Аслияб гьумералде

РачIа свалат битIизе

РачIа свалат битIизе

РачIа, диналъул агьлу,

Авараг кIодо гьавун,

Гьев гьавураб моцIалъул,

ЦIикIкIун хIурмат гьабизе.

 

ХIабибуЛлагь гьавураб,

РабигIул -аввалалъул,

Адаб гьабун хьвадизе,

Бегьараб яхI бахъизе.

 

Бичасул Расул веццун,

Берцинаб хIалкъай гьабун,

ХIалкIвараб свалат битIун,

ТIагьа рази гьавизин.

 

Умматалъул ургъелгун,

Дунялалде вачIарав.

Дунивал тун унелъул,

Ургъел добго букIарав.

 

Доба, ахираталда,

Умматалъе шапагIат,

Аллагьасда гьаризе,

Гьесда гуреб кколаро.

 

Гьединав Расуласде,

Салават битIичIого,

Бегьиларо хьвадизе,

Бусурбаби ругелъул.

 

Нилъер салаваталде,

Расул хIажатав гьечIо.

ХIажалъи гьелде бугел,

ЗагIипал нилъго руго.

 

Щиб хIалалъулъ нилъ рукIа,

Рилълъун унел, хIалтIулел,

ХIузур рекIелъ гьечIого,

Гьединго хивалазулъ.

 

Хирияв Расуласде,

БитIараб нилъер свалат,

АнцIул цIикIкIине гьабун,

Гьабула Бичас къабул.

 

Къиямасеб къоялда,

Аллагь гурхIи бокьани,

БитIея, бусурбаби,

Расуласде салават.

 

Расуласул шапагIат,

Щвезе хьуллъуралщиназ,

Щибаб къойил салават,

БитIизе жигар бахъе.

 

МухIаммад Ражабов,

ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Футбол хIай

Гъуниб районалъул гӀоли-лазул футболалъул лигаялъ тIобитIана росабазул гӀолилазул командабазда гьоркьоб «Футболалъул лига» абураб турнир. Гьелъул аслияб мурадлъун букӀана гӀолилазда гьоркьоб вацлъиялъулаб бухьен щула гьаби, батӀи-батӀиял росабазул гӀадамал цолъизари, цоцаздехун...


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...