Аслияб гьумералде

Баркиялъул насихIат

Баркиялъул насихIат

Баркиялъул насихIат

Хирияб рамазан моцI тIаде щведал,

ТIаса лъугьин гьарун гьабилин калам.

Къуръаналъул аят гIемераб цIалун,

Хваразде зиярат, воре, кIочонге.

 

Заманалъ ахIулеб гIидалъул какда,

Киналго вацазда барке квер босун.

Баракат гIемераб гIид - хIакъаб байрам,

БукIагиян гьаре къабуллъулеблъун.

 

Рарал какал нужер къабул гьареги,

Рахъарал сахIазул кири цIикIаги.

Чорхой сахлъи кьеги, иман рекIелъгун,

Уммат разилъулеб букIаги гIамал.

 

ГIазаб-зулмуялъул балагьал нахъчIван,

БачIараб батаги кIал биччараб къо.

Лъимал-хъизамазда баракат лъеги,

БоцIи-панз РахIманас хIалалаб кьеги.

 

РачIунел соназги дандчIвай гьабизе,

ТIаса чи инчIого чIаго хутIаги.

Ккарал гъалатIазде тIаде ракь хъван те,

Тавбу цIияб гьабе мунагь чуризе.

 

Воре, гьари буго диналъул вац-яц,

Цоцалъ рекъон рукIа, иблис къезабе.

Къокъаб заманалъул дунял буго гьаб,

Дудаго лъачIого лъугIун батулеб.

 

ГIабдуллагь ГIабдусаламов,

ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


МухIаммад ва АхIмад цIаразул магIна

Аварагасул ﷻ цIараздасан ккола: МухIаммад абураб цIар. БетIергьанас гьесда гьеб цIар лъуна вижилалдего 2000 соналъ цебе. Гьавун хадуса гьесда МухIаммадан цIар лъуна гьесул кIудияв эмен ГIабдулмутIалибица. МухIаммад абураб цIаралъул магIнаги ккола «жив веццарав» абураб.   Дуца щай гьесда дур...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...