Аслияб гьумералде

Муфтияталъул хIалтIи - мунафикъзабазул магIу

Муфтияталъул хIалтIи - мунафикъзабазул магIу

Беццалгин гIинкъазда рагIулеб хIалалъ

ХIалтIулеб бугебин нилъер муфтият,

Балагье киналго, кинаб хIаракат

Нилъер муфти АхIмад-афандил бугеб?

 

Муфтияталъул квер гIатIилъун буго,

Гьарулел хIалтIаби гьарзалъун руго.

ТIоцебе гIелмудул тадрисалъулги

Буго цебетIураб хIалтIи гьабулеб.

 

Тахшаралдаса къватIир инчIого

Чан мадраса бугеб лъимал цIалулеб?

Щибаб шагьаралда ва росабалъги

ГIелму, гIамал буго малъулеб, кьолеб.

 

ЗахIмалъи-къварилъи, мискин-пакъирлъи,

Налъукье ккаразе - гьале «Инсан» фонд.

Дагъистан щиб гурин, Россиягицин,

Дунялалъул руго нилъер гьел ресал.

 

Хадубги, балагье халкъалда гьоркьоб

Ургъел бикьун щварал жамагIатазе

Рагьун руго нуцIби муфтияталъул,

МаслахIат, гIарзаялъ рачIун чIаразе.

 

Унтарал ругелищ, ресукъго ругищ,

Доле рагьун буго поликлиника.

«Дети-бабочкаби» - цIакъ квешаб унти,

Гьезиеги буго рагьун больница.

 

Щибаб къойил щолел муридзабазул

Аза-азар руго къокъаби рачIун.

Щивасе батIаго тарбият гьабун,

ДандчIвалев дир устар - гьале цогиги.

 

Дагъистаналдаги, бакI-бакIаздаги,

Европа, Азия, ГIараб улкаби,

ТIубарабго дунял - кибего щвараб

ДагIват буго нилъер якъинго цебе.

 

МутагIилзабаца, муридзабаца

Бачуна гьаб хIалтIи ихлас-ихIсангун.

Гьедин ракIбацIцIадго, гьелдаги нахъа

ЧIарав вуго нилъер КъутIбул-авлияъ.

 

ДагIваталъул отдел - муфтияталъул

ХIалтIи буго унеб, рикIкIен кIочараб.

Школалги, СУЗалги, ВУЗАлгун цадахъ

Улкаялъул щибаб учреждения.

 

Конкурсал гIуцIула, къецал гьарула,

ГIолилазда гьаркьоб хIалтIи гьабула.

БачIунеб гIелада ислам бичIчIизе

ХIалтIи гьабиялъе жигар бахъула.

 

«Ас-салам» газета - гьеле дуй гIалим,

Щивасул рокъобе рохелгун щолеб.

Дуе исламалъул ахIиги босун,

Щибаб моцIий кIицIул духъе бачIунеб.

 

Беццал-гIинкъал лъимал - долги нилъерин,

Гьезиеги буго мадраса гIуцIун.

ТIаса камичIого дарсал малъизе

ГIалимзаби руго хIадурун гьезий.

 

КIудияб хIалтIийин биччалеб бугеб,

РухIияб марказин балебги бугеб.

Кинабниги хIалтIи жаниб бачунеб

ГIиса аварагасул цIар жиндий кьураб.

 

ГТО, СТО, ЮТОялдаги

Руго гIуцIун централ муфтияталъул.

Халатаб нухги тун тахшагьаралде

ИнчIого гьенибго хIажат борхизе.

 

Руччабиги нилъер тохго тун гьечIо,

Мадрасаби, дагIват гьезийги руго.

ГIелму борхиялъе «Гьдаят» центрги,

«Марьям» центрги гьезий - ургъел борхизе.

 

Яслигун школалги жеги рагьарал,

Исламияб лъайгун тарбия кьолел.

Гьел гурелги чанги проектал руго,

ХIабибас гьабураб - камураб гьечIо.

 

ЖахIда-хIусудалъгун хIалихьалъиялъ,

Цо-цояз гьаб хIалтIи бахчулеб буго.

Муфтияталдехун рагIадги рехун,

ГIадамал къосине хIалтIулел руго.

 

 

 

 

 

 

ХIабибас гIадинан дагIват гьабулел,

Какулел гIемераб къо бихьун буго.

Соцсетазда жанир мимиди гуреб,

Исламалъе къуват кьезе кIоларел.

 

Гьединан хIалтIулел хIакъал гIалимал,

Интернеталдасан зигардулел гьел.

Муфтият какизе вахъине ккани,

Бергьараб щиб хIалтIи дуца гьабураб?

 

Муфтияталъулав дун вугин абун

Абизе нечезе ккараб хIал бугищ?

Гьедин абун дуда «рогьо» барасда,

Абизе кIоларищ вугинха абун

 

Бадиб килищ тункун, гьелдаса чIухIун,

АлхIамдулиллагьин кIола абизе.

Ин шааЛлагь, дица тарабгIан мехалъ,

Гьелгун цадахъ кIвараб хIалтIи гьабила.

 

МухIаммад НурмухIаммадов

ГIахьалчIи росдал имам

2026-06-15 (МухIаррам 1448 с.) №12.


Бакъ: гьудулищ, тушманищ?

Хъизамалъул, рукъалъул ургъалабазул цӀураб заманалда руччабазда кӀочон тола жидерго тIалаб-агъаз гьабизе. Нилъер берцинлъиги сахлъиги ккола ТӀадегӀанав Аллагьасул сайгъат ва гьел цӀунизеги ккола.   Нилъер гӀумруялда жаниб кӀудияб бакӀ ккола бакъул нуралъ. Гьелъ кумек гьабула черхалъе, лугбал...


Аварагасул ﷺ гIамал-хасият

ТавазугI-хIели абураб сипат буго чиясулъ ругел тIабигIатазул хирияб ва тIадегIанаб. Гьеб тIабигIаталъе баян гьабулаго хIакъикъиял, Аллагь ﷻ лъаялде рахарал гIалимзабаз хъвалеб буго, гьеб бугин: «Лагъасда жиндирго напсалъе щибго къадру-къимат, тIадегIанлъи, гьабулеб ишалъулъ цебетIей, вугеб...


Аллагь ﷻ рехсей

Аллагь ﷻ гIемер рехсеялда хурхун рачIарал цо-цо хIадисазул магIнаби.   Аллагьас ﷻ абулеб буго, лагъас Дун рехсани, Дица гьевги рехсезе вугин. Цояс гьикъана Аварагасда ﷺ, кидаго гьабизе лъикIаб гIамал бицейилан. Аварагас ﷺ абуна Аллагь ﷻ рехсолаго мацI бакъвазе биччангутIи бугилан...


Рогьалил суннат

Рогьалил как жамагIаталда бай ккола цIакъ хирияб гIибадат. Нилъеда лъала гьениб «Магьдина» цIалулеблъи. Гьелде кIвар кьечIогоги тола цо-цояз. КIиабилеб ракагIаталъул рукугIалдаса ворхидал, гьелъул тасбихI-дугIа цIалун хадуб «Магьдина»...


Аварагасул ﷺ мажгиталда моцIрол игIтикафалдасаги хирияб

ХIурматиял диналъул вацалгун яцал. Халкъалъул жамгIият гIуцIун буго БетIергьанас цоцазда бараблъун, ай цоцазе кумек гьабиялда хурхинабун.    Хирияб Къуръаналъул аяталда буго (магIна): «Муъминал бихьиналги руччабиги цоцазе кумекчагӀи ва гьудулзаби руго. Гьез битӀараб жоялдалъун...