Аслияб гьумералде

Аллагь рекIелъ ккурал муъминзабазе

Аллагь рекIелъ ккурал муъминзабазе
Аллагь рекIелъ ккурал муъминзабазе
ГьечIого рес гьечIел гьал гIалимзаби.
РекIелъ иман гьечIез, чорхолъ яхI гьечIез
ГIужие гъун чIвана гьал гIалимзаби.
ГIусман асхIаб гIадин шагьидлъун хвана
Дагъистан урхъарав СайидмухIаммад.
Цадахъ вацги чIвана гьев шагьидасул,
Балъго ярагъ барал мунапикъзабаз.
КIиабилев халип дов ГIумар-асхIаб,
Гьевги шагьидлъана тушбабаца чIван.
Тушбабаца чIвана ТIагьаев АхIмад,
БитIун гIелмуялъул камиллъиялда.
Мажгиталде индал, рогьалил какде,
Гьенив гурищ чIварав ГIали-асхIабги.
Гьесиего гIадаб шагьидлъи щвана
ГIабдулгъапурил вас МухIаммадие.
Сордо рогьинегIан ургъун ратила
Рогьалилъго чIвазе КъурамухIаммад.
Гьел вагьабиялгIан гьесда рихарал
Щалниги рукIинчIин гьаб ракьалда тIад.
Киниги тушбабаз Дагъистаналда
КъогогIан гIалимчи ракьалда лъуна.
Бищунго гIасияб такъсир гьабуна
ЧIикIаса КIудияв кьвагьизе гьавун.
Гьаб Дагъистаналъул исламалъул нур,
Гьал гIалимзабазе гIелмудал ралъад.
ТIолго муридзаби гIодилелги тун
Ана дуниял тун СагIид-афанди.

МУХIАММАДГIАЛИЛ ВАС БИЯХЪАЙ, ЧIИРКЪАТIА РОСУ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...


Гьикъизе нечараб бицине намусаб

Макьилъ "супергерой"     Макьилъ гIемер бихьула, кинабаздаго гIадин, кутакав бахIарчилъун вахъун. Цо-цо мехалъ ворчIула ва дир черх хисулеб бугин ккола: кверазде къуват бачIуна, бидурихьал понцIон лъугьуна. Гьелъие щиб сабаб бугебали лъаларо. Щиб дица гьабизе кколеб?   ГIали,...


Ахирисеб сапар

Хвел ккола щивав чиясда цебе бугеб, тIаса унареб хIакъикъат. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Кинабго напсалъ хвел чIамизе буго», - ян. (Сура «Алу-ГIимран», аят 185)   Гьединлъидал исламалъ бусурбабазда малъула хвалде хIадурлъи гьабизе гуребги, дунял тун унев чиясда аскIоб кин рукIине...


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...