Аслияб гьумералде

Ункъмухъилал жугьаби

Ункъмухъилал жугьаби
Иманалъул загIиплъи инсанасулъ тIатани
ТIолгояз кумек гьабун гьев чи витIун ккезаве,
ЗагIипав чи вугилан гьесда тIад релъанхъани
Бадисан баккулеблъи лъазе ккела щивасда.
Кинабго инсанасе бихьизе кьураб буго
Сахлъи, гьунар, гIакълу-лъай - гьеб гуреб цогидабги,
Кинабго хIалтIиялъулъ гIадлу-низам гьечIони
Гьабулеб данде багъи якъинаб хIакъикъатин.
Къварилъи дуе ккедал лъала дуе ватулев,
ЛъикIав-квешав гьудулги гьенив ватIа вахъулев,
Хъулухъ щун вохаравги, цогидал кIочаравги
Халатккун гьеб тахида хутIунгутIи якъинаб.
ГIабдалас мун веццани, гIакъил тIад велъанхъула,
Квешалдаса мун гьукъи гIакъиласул пишайин,
ЧIухIи чорхолъ бугони халкъалъе басралъула,
Духъа щолеб пайдаги хайир дагьаб букIуна.
Дуе гIакълу кьезе чи, кидаго камуларо,
ГIакълу бугес гурони малъараб босуларо.
ГIантасул малъа-хъвайги дуца гIадахъ босуге,
ГIадада мунго холел хиялалги гьаруге.
ГIадамазул гIаданлъи дуда лъалеб бугони,
Лъалезе щолеб лъикIлъи кинабго дуда бараб.
Гьабурабги кIочон тун кIарчанго мун хьвадани,
БадирчIваял гIемерлъун гIазаб дуего щолеб.
Хун хадуб кинасдего лъикIавилан абула,
Цадахъ ругеб мехалда нахъасан гаргадула.
Инсанасул хIал гурищ хIалкIолесда бихьулеб,
МашхIаралде щвезегIан щайзедай гьев толарев?

НИЗАМУДИН ГЪАЗИЕВ, ГIАХЬВАХЪ РАЙОН, ЦIОЛОДА РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Суал-жаваб

Муцин абураб улитка гъорлъ бугеб косметика чIужугIаданалъ хIалтIизабизе бегьулищ? ШаргIалда рекъон муцин буго бацIцIадаб жо, ай улиткаялъ жиндаса къватIибе бачIинабулеб лъамалъи. Гьединлъидал, гьелъул гьабураб косметология хIалтIизабизе бегьула, какда цебе чуризеги кколаро. Росасе инчIей...


Аллагьасул ﷻ разилъи кин щолеб?

Нилъ рижун рати гIададисеб жо гуро. Пикру гьабуни, нилъеда гьеб бичIчIила, щайгурелъул, пикру гьабиялъ нилъ рачуна лъикIаб нияталде, битIараб нухде. Пикру гьаби исламалда беццараб ишги буго. Къуръаналда Аллагьас ﷻ абичIищ нилъ рижанин Гьесие гIибадат гьабизелъун.   Аллагьас ﷻ малъухъе...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...