Аслияб гьумералде

ТIарикъаталъул аслу Аллагьасдасан, Аварагасдасан, асхIабзабаздасан бачIараб букIиналъул хIакъалъулъ баян

ТIарикъаталъул аслу Аллагьасдасан, Аварагасдасан, асхIабзабаздасан бачIараб букIиналъул хIакъалъулъ баян

ТIарикъаталъул аслу Аллагьасдасан, Аварагасдасан, асхIабзабаздасан бачIараб букIиналъул хIакъалъулъ баян
Авараг Мадиналде гьижра гьабун унаго, 
Абубакаргун цадахъ Гъарусавралде щведал. 
Аварагас рабитIа Сиддикъасде гьабуна, 
Гьеле гьедин бачIана рабитIаги нилъеде. 
РабитIабиги гьарун аврадал гьарулел чи. 
Хъанчий лагълъи гьабулел ругин абизе ккани, 
ВахIюяс ХIабибасда, ХIабибас Сиддикъасда, 
Хъанчий лагълъи гьабеян малъулебдай букIараб. 
РабитIалъул хIакъалъулъ рехсарал гьел аятал, 
Гьазда ричIчIичIогодай гьаз рабитIа малъараб. 
РабитIа гьабулаго нилъей щолел фуюзал, 
АЛЛАГЬасул анварал хъанчицадай гьел тIолел. 
АЛЛАГЬасулъ паналъун, цогидаб хиял къотIун, 
АЛЛАГЬасде нилъ щвезе шайтIаналъдай гьарулел. 
РабитIа абулеб жо кIудияб амру буго, 
АЛЛАГЬасде нилъ щвезе чара гьечIеб нух буго. 
РекIел квешал ахлакъал рацIцIалъизе гьарула, 
РекIелъ анварал тIола, макъамазде гьел щола. 
«Массаббабту» абураб машгьураб хIадис буго, 
Сулукалъул тIахьазда гIемер бакIихъ гьеб буго. 
АЛЛАГЬас дир рекIелъе тIурабщинаб кинабго, 
Абубакарил рекIелъ тIуна Расулас абун. 
Сиддикъгун ГIалидасан, гьаб кIиябго нухдасан,
ТIолалго тIурукъатал тIиритIана ракьалда. 
ТIарикъат абулеб жо АЛЛАГЬасде унеб нух, 
Къуръан-хIадис, тIахьазда баянго бицун буго. 
МухIаммадиюназул нухги гьединаб буго, 
Расуласул тIабигIат гьелда жанибги буго. 
Гьеле гьеб къагIидаялъ асхIабзабазухъе щун, 
ТабигIиназухъе щун, авлияахъе щвана. 
Диваналъул агьлуялъ мухIканго хIукму гьабун, 
Иршадалъе Ижаза иргадасан хьвадана. 
Гьеб Ижазалъул рахас гьале нилъехъеги щун, 
Гьал нилъер муршидзаби гьеле гьеб нухда руго. 
Гьединал шайихзабаз зикру талкъин гьабула, 
РабитIаги малъула, АЛЛАГЬ лъай нилъей кьола. 
Цин устарас гьабураб таважугьалъул асар, 
ГIемер соназ гIибадат гьабун щоларин буго. 
Нуралдалъун ракIалъулъ АЛЛАГЬ накъиш лъугьуна, 
Гьелъул асар нилъеда баянго бихьун лъала. 
Гьеле гьединаб асар хъанчаца гьабуларо, 
АЛЛАГЬ гуреб кIочон тун фанаъ, бакъаъ щоларо. 
Хъанчал абулел жалги pyxI гьечIеб сурат буго, 
Жидеца, я жидее асар щибниги гьечIел. 
Гьездалъун АЛЛАГЬасде гIагарлъи тIалаб гьаби, 
Гьеб жо кафурлъи буго, Къуръаналъ нахъчIван буго. 
Шайихзаби гьел руго, риязалда черх квегъун, 
АЛЛАГЬасде жал щварал, щвезаризеги кIолел. 
Шуюхазе нилъеца лагълъиги гьабуларо, 
ВаситIалъун гьел гьарун АЛЛАГЬасде уна нилъ. 
Масала, цо ханасде тIаде ине кканани, 
БитIахъе гьесде ине нух нилъее щоларо. 
Хъулухъалъе гьез тарал, хъаравуллъуда ругел, 
ГIадамаздаги гьардон гьабула нилъер мурад. 
Гьесухъе нилъ щвезеги цoxIoгo нух гьеб буго,
Я битIахъего ханас тIаде ахIун щвей буго. 
АЛЛАГЬасде щвезеги кIиго нух буго нилъей, 
«Я Илагьияб жазбат», я муршидаздалъун щвей. 
Дунял ханзабазулгIан къимат гьечIевищ АЛЛАГЬ, 
ВаситIаго гьечIого гьесухъе щвезе ккани. 
АЛЛАГЬ-Аварагасул, Къуръан-хIадисалъулги, 
ХIакъаб нухдайин ругел муршидзаби киналго. 
ГIицIго бацIцIад лагълъиги АЛЛАГЬасе гьабеян, 
АЛЛАГЬ гуреб щибго жо гьечIин абун малъула. 
РекIел унтабазеги дарманалги гьарула,
Квешал тIабгIал чорхолъан чIаран рацIцIад гьарула. 
Гьел АЛЛАГЬасул агьлу, ихтияр кьун тараб бо, 
Воре, инкар гьабуге, куфруялде унин, вац.

ТIелекьа Мирзал ГIабдуллагьил МухIаммад

«Изгьарул ХIакъаикъ» тiехьалдаса

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Риидалил курсал ва торгIо хIай

1 августалда Шамил районалъул ХӀотода росулъ тӀобитӀана риидалил курсазде хьвадулел лъималазда гьоркьоб мини-футболалъул рахъалъ турнир. Къецазда гӀахьаллъана 13 соналде щвезегӀан ригьалъул лъималазул командаби. Турниралъул хӀаси-лалда тIоцебесеб бакI ккуна ТӀидиб росдал командаялъ, кIиабилеб бакӀ...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...