Аслияб гьумералде

Анкьракьал журана дагъистаналгун

Анкьракьал журана дагъистаналгун
ГьабсагIатги руго гьелго анкьракьал,
Анкьидеги рикьун дин тIаде борхун.
СагIид афандие, изну кьуразе,
Гьебго гьаги борхун, жавабги гьабун.
Аварагасда хадур асхIабал гIадин,
Муридаз кидаго устарал ккуна.
Муридазда хадур халкъал рахъана,
Дин-исламалъ жалги берцин гьаруна. 
Халккве цогидазда Россия гIадин,
Россиялда жаниб Дагъистан гIадин,
Дагъистаналдаги лъаратIиселги,
МагIарда, хъутада берцинго ругел. 
Нилъер тарих буго гъолодисезул,
Гъолодисеб барал мужагьидазул,
Жаралин рукIарал лъаратIисезул,
Надир-шагьил вац гъураралазул. 
Жаргин Белокан щун, рагъдаги бергьун,
Берцинго рукIарал СССРалъ тун.
Рикь-рикьизе гьарун, тарихги бухIун,
Расги лъаларел нилъ Бабаюрт ккана. 
Амма гукканиги гьанибги дин ккун,
Щибаб бакIалда ругел имамал.
ГIалимал гIемерал, муридал цIикIкIун,
Россиялдеги щун «Ас-салам» бикьун.
Россиялъул халкъал диналде ахIун,
АхIмад афандие жавабал гьарун.
Анкьракьал журана дагъистаналгун,
ЧIарал дора тана Белоканалда.

Р. БИСАВГIАЛИЕВ, САЛДА РОСУ.

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...


ГIаламалъего рахIмат

Дунял бижаралдаса нахъе ТIадегIанав Аллагьас ﷻ цониги инсан вижичIо, хирияв МухIаммад аварагасул ﷺ гIадин халкъалъ жиндир гIумру рагIа-ракьанде щун лъазеги гьабурав, халкъалда гьоркьоб гьеб тIибитIизеги гьабурав. Хирияв Авараг ﷺ ТIадегIанав Аллагьас ﷻ, халкъалдаго тIаса вищарав вуго. АсхIабазабаз...


«Инсаналъ» ахIулел руго

Дагъистаналда аза-азар хъизамалда захӀмалъаби дандчӀвала лъимал школалде хӀадурулаго. ГӀемерисез лъимал школазде ритIула хIажатаб алат босизе налъиги гьабун. «Инсан» фондалъ тӀобитӀулеб «Лъимал школалде хӀадур гьаре» абураб акциялъ кумек гьабулеб буго лъималазе хӀажатабщинаб...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...