Аслияб гьумералде

НагIфу пайда босизин...

НагIфу пайда босизин...
Эркенго хIухьелги цIан,
ЦIализин алфазиял.
Рогьалил какалги ран,
Росизин манафигIал.
Гъаплаталдаса рорчIун,
Рокьизин фазаилал.
ФатхIуялъ керен рагьун,
Квер кьезин зикруялде.
Жазбуялъ къуватги кьун,
Къулубал рацIцIад гьарун,
Агьлул тIурукъал рокьун,
Рагьизин рекIел таъсир.
Мактубаталде къулун,
Къоялги нухда тIамун,
АхIвалал хисичIого,
Хулафаал рокьизин.
Къурбат хIасуллъиялде
ХIалимаб ракI чучизин.
Файизалъ нуцIа рагьун,
ЦIобал гIатIид гьаризин.
СахIихIаб гIамалалда
ГIумру нухда тIамизин.
ТIарикъги рекIелъе тIун,
РабитIа гьуинлъизин.
Муршидги рекIелъе цIан,
Маъзунгун гIагарлъизин.
ГIелмуялде нух рагьун,
НафгIу – пайда босизин.

МУХIАММАД ХIАСАНОВ, КIУЯДА РОСУ

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...


ЧIаголъиялъе сабаб

Бищун лъикIаб цIоблъун букIиналдалъун Аллагьасги ﷻ нугIлъи гьабураб, инсанасе ва цоги ракьалда бугеб чIагояб жоялъе нигIматлъун кьураблъун ккола лъим. Къуръаналда буго (магIна): «Дица ﷻ лъимги гьабуна кинабго жо чIаголъизе сабаблъун», - абун, ай гьеб лъим гьечIого рухI бугебщинаб чIаго...


Мажгиталъул азбаралда – ярмарка

МахӀачхъалаялъул Централияб мажгиталъул майданалда тӀобитӀана риидалил лъай кьеялъул курсазул гӀахьалчагӀаз ва гьезул эбел-инсуца гӀуцӀараб лъималазул ярмарка. Ярмарка гӀуцӀаразул цоялъ бицана: «Лъималазе унго-унголъунги бокьула гьадинаб ахӀвал-хӀал. Нижер расги ракIги бухIичIо гьаниб...


Аллагьасул ﷻ баракатаб сайигъат

ТӀадегӀанав Аллагьас инсанияталъе гӀемерал пайдаял пихъал рижун руго, гьезда гьоркьоб хасаб бакӀ ккола цӀибилалъ. Гьеб пихъ некӀсияб заманалдаса нахъе гӀадамазда лъалеб букӀана ва чанго нухалъ рехсон букӀана Хирияб Къуръаналда Аллагьас жиндирго лагъзадерие кьурал кӀудиял нигӀматазул...


Хьул къотIуге

ГIемер чиясул гIумруялда жаниб бачIуна цо заман, жинцаго гьабураб гъалатIалъул яги мунагьалъул захIмалъи бичIчIулеб. ГIайиб ва тамихIалдаса хIинкъи къуватаб букIине бегьула, гьелъ хьул къотIиялде рачинеги бегьула. Амма нилъер диналъ тавбуялъул каваби кидаго рагьараллъун руго. Аллагьас ﷻ нилъер...