Аслияб гьумералде

ЧIахъаги, «Ас-салам»

ЧIахъаги, «Ас-салам»

Жиб-жиб рокъобе щолеб

Шагьрил моцIрол нур гIадаб.

ГIаламалъе хIажатаб,

ЧIахъаги мун, «Ас-салам».

 

АнцIила цо мацIалда

КъватIибе жиб биччалеб.

Чара гьечIеб мугIалим,

ЧIахъаги мун, «Ас-салам».

 

Иман-ислам малъулеб,

Мунагьазде нух къалеб.

АхIмад-хIажил баракат,

ЧIахъаги мун, «Ас-салам».

 

ГIурус ракьалда тирун

Халкъ бусурбан гьабулеб.

ГьечIого жиб гIолареб,

ГIажаибаб «Ас-салам».

 

Щибаб рукъалъул агьлу

Исламалде ахIулеб.

ГIелмуялъул жиб цIураб,

ЦIар рагIараб «Ас-салам».

 

Бакъул чIорлъун жиб щолеб

Щибаб бецIаб бокIниде.

КIвахI гьечIого къеркьолеб,

Къуват бугеб, «Ас-салам».

 

Кибго дагIват гьабизе

Гьунар жиндир кIудияб.

ХIуруфазулъ нур бугеб,

Баркат бугеб «Ас-салам».

 

МоцIрое кIиго нухалъ

Халкъалъухъе жиб щолеб.

Жаниб месед бекьараб,

Барка нилъер, «Ас-салам»

 

 

ХIамзат ХIамзатов, Зивуриб росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


ХIакъаб жоялдаса инкар гьаби

Къуръаналдагун Аварагасул ﷺ хIадисазда рехсарал бищунго хIинкъи бугел рекIел гIунгутIабазда гъорлъ буго чIухIи ва гIамалкIодолъи. Нилъер диналда гьеб кIиябго мунагь рикIкIуна гIемерал цогидал мунагьазул кьибиллъун ва инсан Аллагьасда ﷻ цеве рихаравлъун лъугьинавулеб шартIлъун. Гьеб гIицIго...