Аслияб гьумералде

Барка, хирияб итни, Авараг ﷺ гьавураб къо!

Барка, хирияб итни, Авараг ﷺ гьавураб къо!

Барка, хирияб итни, Авараг ﷺ гьавураб къо!

РабигIул аввалалъул,

АнцIила кIиабилеб,

Авараг гьавураб къо,

Къадру жиндир кIудияб.

 

Гьев авараг гьавизе,

Замана гIагарлъидал,

ГIабдулмутIалипида,

Макьу бихьун букIана.

 

Бихьараб макьу къотIун,

Ахир заманаялъул,

Авараг дур наслудал,

ВукIинин бицанила.

 

Гьеб сордоялъ баккана,

Зобалазда цIияб цIва.

АхIмадил цIва бакканин,

ЖугьутIал гаргадана.

 

КагIба-рукъалда жанир,

РукIанщинал хъанчалги,

Чвархъан гIодорги речIчIун,

Рекун, щущан ратана.

 

Азарго соналъ свинчIел,

ЦIадуй лагълъи гьабулел,

Мажусиязул цIаял,

Гьеб сордоялъ ссун ана.

 

АнцIила ункъабго си,

Кисраханил кIалгIадул,

ГIодор речIчIун, риххун ун,

Ратана радалиде.

 

Мушриказ хириябин,

Лагълъи жиндий гьабулеб,

Сава абураб хIорги,

Бакъван гьебги батана.

 

Гьеб къоялдаса нахъе,

Къурайши палихъаби,

Зобалаздехун бугеб,

Бухьен къотIун хутIана.

 

Эбелалъул ургьиса,

АхIмад къватIив вачIиндал,

ТIолабго сверухълъиги,

Нуралъ къалъизабуна.

 

Гьавураб сагIаталда,

Зодобе килищ битIун,

Аллагь цо вукIиналъе,

НугIлъи жинца гьабуна.

 

Цинги суждаялде ккун,

"Уммати! Уммати! - ян,

Уммат хвасар гьабеян,

Аллагьасда гьардана.

 

Гьединал гIаламатал,

ГIемерал гьел рукIана.

 

МугIжизатал гIемерав,

ГIаламатал тIатарав,

ТIолабго гьаб халкъалъе,

РахIматлъун жив витIарав.

 

ТIадегIанав Аллагьас,

Алжаналда жаниве,

Бищун цеве витIулев,

Авараг вуго нилъер.

 

РачIа, хирияб агьлу,

Авараг нилъей вокьун,

АнцIила кIиабилеб,

Сордо кIодо гьабизе.

 

Гьесул гIумрудул бицун,

ГIажаибал, хIикматал,

Лъугьа-бахъинал рицун,

Расул рази гьавизе.

 

Гьединго хадусеб къо,

Къиматалда тIобитIе,

ТIагьаясул тIабигIат,

ТIубан дулъ бугеб гIадин.

 

ХIабиб гьавиялдаса,

Рохел загьир гьабулел,

ГIадамазул мунагьал,

Аллагьас рахчулила.

 

РасулуЛлагь разиго,

АнцIила кIиабилеб,

Сордо-къо тIобитIизе,

Къадирас тавпикъ кьеги.

 

МухIаммад Ражабов, ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Имамзабаз дандбана

Дагьал церегIан къоязда Хунзахъ районалъул имамзабаз тIобитIана данделъи. Гьениб бицана районалда бугеб хIалалъул ва рорхана районалъул динияб гӀумруялда хурхарал масъалаби. Хасго кӀвар буссинабуна баракатаб рабиул аввал моцӀ байбихьиялда хурхарал суалазде, гьединго, гьеб заманалда тӀоритӀизе...


Аварагасухъ ﷺ гIашикъав

Увайсул Къарани ккола табигӀиназул цояв. Цо-цояз абула гьев гьезда гьоркьоса бищун тIадегIанав вукIаниланги. ГӀемерисел гӀалимзабаз гьев хириявлъун рикӀкӀуна ХӀасанул Басридасаги, ГӀумар бин ГӀабдулгӀазизидасаги, ГIа-тIаъ бин РабахӀидасаги, СагӀид бин Мусайибидасаги.   Увайсул Къарани...


РабигIул аввалалда дандчIвай

ХIурматиял бусурбаби, гьале исанаги тIаде щолеб буго жинда жанив хирияв авараг ﷺ гьавураб РабигIул аввал моцI. Гьеб моцIалъ нилъеца кIодо гьавула авараг ﷺ ва гьесул хьвада-чIвади, сират ракIалде щвезабула. Авалалдаса байбихьун гьанжелъизегIанги, бетIералда чIахIиял гIалимзабигун, гIадатиял...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...


ХIикматал махлукъатал

ГьитIинаб веретенник   ГьитIинаб веретенник абураб рухIчIаголъи ккола халатбахъун боржиналъулъ бищун тIоцебесеб кьерда бугеб хIанчIазул цояб. Гьеб гIажаибаб хIанчIил гьунар буго Тихий океан къотIун, 11 къоялде щвезегIан гьаваялда кьижизе, кваназе яги хIухьбахъизе чIечIого боржине...