Аслияб гьумералде

Маккаялде щведал

Маккаялде щведал

Маккаялде щведал

Салам, Макка-Хӏарам, салам, Кагӏба-рукъ,

Салам, Ибрагьимил чӏухӏараб макъам.

Салам, Хӏажрул асвад, салам, Гӏарафа,

Салам, Сафва-Марва, салам, Муздалиф.

 

Духъе, анищалда, инагьдилаго,

Кӏикъойилъа тӏаде сонал арав дун.

Бетӏергьанас ахӏун, Хӏабибас вачун

Гьале Маккаялде жанив лъугьунев.

 

Унго, бугищ гьаб бакӏ Маккаялъул ракь,

Макьу батила гьаб цебе тӏамулеб.

Унго, дир бугищ гьаб соролеб хӏетӏе,

Хӏарамалде жаниб тӏамулеб бугеб?

 

Гьабищ доб къадруяб хирияб Макка,

Хирияв гьавураб баракатаб ракь.

Гьаб гурищ Аллагьас гурхӏел гьабурал

Гьоболлъухъ ахӏулеб хӏикматаб шагьар.

Гьаниб гурищ бугеб зам-замалъул ицц,

Жиб гӏадаб ракьалда цойги баккичIеб.

Гьаб гурищ бицунеб доб хӏикматаб лъим,

Хӏажизабаз кӏалчӏван къойил гьекъолеб.

 

Доб гурищ бищунго борхатаб мегӏер,

Гъару-Савруйилан жинда абулеб.

Авараг гьижраялъ гочун унелъул,

Гьес сардал рорчӏараб гьитӏинаб нохъо.

 

Доба тӏаса гьечӏищ хирияб Хӏираъ,

Хӏабибас гӏибадат гӏемер гьабураб.

Тӏоцебесеб аят - Икъраъги рещтӏун,

Аллагьас халкъалде илчи витӏараб.

 

Гьале дун гӏумрудул анищ тӏубарав,

Бабу-Саламалъул кавудахъ лъалхъун.

Кверал тӏаде рорхун Рахӏманасдаса,

Жаниве лъугьине изну гьарулев.

 

Зодибе нур щвараб чӏегӏераб Кагӏба,

Чӏун хутӏана дир ракӏ дуда бер чӏвайдал.

Берал чвахулаго, черх соролаго,

Салам кьуна дица дур свериялъе.

 

ТӀавафул къудуми гьабун бахъиндал,

Гьабуна дицаги Бичасде хитӏаб.

ТӀаде гьаваялде квералги рорхун,

Ахӏун тана дица бухӏулеб ракӏалъ:

 

Я, хӏал кӏолев Аллагь, халкъалъул Магӏбуд,

Дуца гьоболлъухъе ахӏун вугелъул,

Ахӏун духъе щварав дур загӏипав лагъ,

Мурад тӏубачӏого чӏового тоге.

 

Я, гьайбатаб Кагӏба, къадруяб Хӏарам,

Дир шагьадаталъе нуж нугӏзал руго.

Я, гьал Маккаялъул рорхатал мугӏрул,

Нуж хӏужалъун рукӏа дир дугӏаялъе.

 

Я, архӏама ррахӏим, гурхӏулев Аллагь, 

Гьал хӏажизабазул хӏеж къабул гьабе.

Гьанире рачӏине гӏищкъу бугезул

Къеч нахъбуссинабе гьаб ракьги бихьун.

 

Къабулаб хӏежги кьун, мунагьал чурун,

Рекӏел мурад тӏубан тӏадруссун раче.

Нижер гӏамалазухъ халгьабичӏого,

Мун, халикъу Ррахӏман, гурхӏун те, Аллагь.

 

Aхир заманалъул питнабаздаса

Мухӏаммадил уммат цӏунун те, Аллагь. 

Ниж, гӏажизал лагъзал, загӏипаб уммат,

Дур рахӏматалдаса махӏрум гьаруге.

 

Мухӏаммадил вас Гьитӏихӏма, Зивуриб росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...


Къуръаналда рехсараб пихъ

Инжир ккола бищунго машгьурал пихъазул цояб, хирияб Къуръаналда рехсон Аллагьас тIадегIан гьабураб. ТIадегIанав Аллагьас абуна (магIна): «Тин (инжир) ва зайтун абулеб жиб кIиялъулъго баракат бугеб, жиндаса инсанасе квание ва дару-сабабалъе мунпагIат босулеб пихъалдалъун гьедулев вуго...


КигIан лъикI букIинаан…

Гьале тIаде щолеб буго хирияв МухӀамад ﷺ аварагасул моцӀ ва жиндилъ гьев гьавураб моцӀ. КигӀан лъикӀаб букӀинаан нилъее гьеб моцӀ цогидал моцӀаздаса цӀикӀкӀун хӀаракат бахъани гьесул гӀумруялъул, биографиялъул лъазабуни. Гьединлъидал жакъа байбихье гьал мухъаздасан.   Аварагасул ﷺ берцинаб...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Аварагасул ﷺ кIиго къиса

Аварагас ﷺ рихьизаруна чанго мугIжизатал, авараглъиялъул хIакъикъат гIадамазда бичIчIизабиялъе. Гьелдаго цадахъ аварагасда ﷺ гIезегIан захIмалъаби рихьана халкъ диналде ахIулаго. МугIжизатазул бищун кIудиябги ккола Къуръан. Щайгурелъул, Аллагьасул ﷻ калам букIиналъ, лъиданиги жиб хисизабизеги...