Аслияб гьумералде

ХъантIиялъул гIаламат

ХъантIиялъул гIаламат

ГьабунагIан гIей гьечIеб,

ГIорцIанагIан ракъараб,

Къимат хвараб магIишат

ХъантIун щайдай гьабулеб?

 

Цоцазулъ жахIда буго,

Иблис бергьунеб буго.

Цересан релъаниги

Жаниб чIегIерлъи буго.

 

ГIейго гьечIеб гьаб боцIи,

Гьаниб толеб магIишат,

ГIагарлъи рикIкIад гьабун

Гьабизе ккараб жойщ?

 

Унтарав вихьуларо,

Щокъасде раккуларо.

Ниж квеш гьечIилан абун

Телефон гаргадула.

 

Гуро, заман хисичIо,

Хасият чанкIкIун буго.

Чиясе кьолеб къимат

ЛъугIараб хIал ккун буго.

 

ГIорцIун тайги киналго,

Квешлъаби нахъе айги.

Амма гьал унтабазе

Дару батулеб гьечIо.

 

Квеш гьечIин, лъикI ругилан

Кинацаго гIей гьабун,

ГIаламалъул ахIвал-хIал

ХIалуцараб куц буго

 

МухIамадил умматго,

Исламиябщинаб халкъ,

Аллагьасул цIобалда

КIочон тун хутIугеги!

 

ГIабдуллагь ГIабдусаламов

ТIелекь росу

2026-08-15 (РабигIул аввал 1448 с.) №16.


ЩайтIан хIалакъ гьабулеб

Аллагьасул ﷻ цIаралдалъун щибаб жо байбихьи буго гIамалалъулъ икъбал ккеялъе аслу.  Къиматаб рагӀи цӀалула лъикӀаб жо гьабилалде цебе. «Бисмиллагь» бахъи рекъараб буго кваналалде, кьижилалде, ретӀел ретӀиналде, Къуръан цӀализе, какичури гьабизе, диниял тӀахьал цӀали гIадал ишал...


Какда хадуб зикру ва дугIа

ТIадегIанав Аллагьасде гIагарлъиялъе бищун кIудиял нухазул цояб ккола зикру - Аллагь рехсей. Гьелъ муъминчиясул ракI чIаго гьабула, такъва щула гьабула, БетIергьанасулгун бухьен цIунизе кумек гьабула. Аллагьасул Аварагас ﷺ бусурбабазда малъана зикруялъул батIи-батIиял формаби ва бихьизабуна Аллагь...


Къурайшиязул кIалгIа

ХIурматиял бусурбаби, гьаб нухалда нижер редакциялъул сапар букIана Дагъистаналда ва гьеб бахун къватIибги машгьураб Къалакъурейш абураб бакIалде. ГьабсагIаталда гьеб ккола Дагъистаналде рачIунел туристазеги цIакъ бокьулеб бакI.    Нижее цебехъанлъи гьабуна гьеб росулъа умумузул вас...


Хириясул ﷺ насаб

Щивав чиясда тIадаб буго хирияв аварагасул ﷺ инсул ва эбелалъул наслуялъул рахъалъан гьабураб насабалъул сияхI лъазе.   Аварагасул ﷺ инсул рахъалдасан насаб ГIабдуллагь. Аварагасул ﷺ эмен вукIана къурайшиязул мисал босизе бегьулев инсан. Гьев вукIана ГIабдулмутIалибил анцIабилеб лъимер....


Нужее баяналъе

Къуръаналда Гьуд авараг чан нухалъ рехсарав? – 4 нухалъ. «Аллагь» абураб рагIи Къуръаналда жаниб чан нухалъ такрарлъараб? – 2640 нухалъ КагIбаялъуб кинаб аят рещтIараб? – Сура «Нисаъ», аят 58. Гьеб аят сундул хIакъалъулъ...